1 июлалда тIоритIизе руго Кониституциялда хиса-басиял гьариялда хурхун рищиял. Гьелъул бицунаребги, хъваларебги бакI гьечIин абизе бегьула социалиялгун, информация тIибитIизабулел сурсатазда. ХIатта пандемиялъул суалги дагьаб нахъегIан цунин ккол гьез. Улкаялъул аслияб документалда жанир гьаризе ругел хиса-басиязда гьоркьоб буго: Жиндир заманалъулаб ва киналго разияб медицинаялъул кумек щвеялъул, щулияб сахлъи букIунеб гIумру гьаби, хъизан-лъималазул институт камил гьабиялъул...

