8 декабралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIана ДРялъул юстициялъул министрасул заместитель Сергей Караченцев гIахьаллъараб пресс—конференция. Гьес бицана коронавирус тIибитIунгутIиялъе гIоло жидер идараялъ хIукму гьабунила гьаб гIагараб заманалда ЗАГСалде рачIунел гIадамазул къадар дагьлъизаби. Минюсталъ гIадамазда гьарулеб буго цIакъго рес къотIидал гурони гьенире рачIунгеян. Масала, лъимер гьабиялъул яги чи хвеялъул хIакъалъулъ нугIлъи гьабулел кагътал росизе къваригIани...

