Их тIаде щвей кIодо гьабулеб байрам букIана араб рузман къоялъ МахIачхъалаялда. ГIемермиллатазулаб Дагъистаналъул кьерал, магIарухъ гIурал нигIматазул махI, гIасрабаз цIунарал бакънал, умумузул ретIакъаялъулъ фольклоралъул гьунарчагIи — гьеб кинабго тIибитIун букIана ГIурус театралда цебе бугеб майданалда. Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб къотIносан унелщинал лъалхъизарулел рукIана зурмил къвакъваялъги халкъиял гьунарчагIазул гьаракь-бакъаналъги. Санайилго...

