27 октябралда Сергей Меликовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана хасалиде республика хIадур букIиналъул хIакъалъулъ. — Киналго рукъазабахъе хинлъи кьунин абураб баян бачIаниги, гьелда хъвараб къагIидаялъ батулеб гьечIо. Чанги бакIазда гIунгутIаби тIатунел руго, — ян абуна С. Меликовас данделъи рагьулаго. – Мисалалъе, гъоркьисаго гIадин исанаги рагIалде бахъинабун гьечIо ДагъОгни шагьаралда гьеб...
