ДРялъул Транспорталъулгун нухазул магIишаталъул министерствоялдаса щварал баяназда рекъон, исана лъагIалил ахиралда Кьохъе щвезегIан къачIан бахъина «Грозный – Болъихъ – Хунзахъ – ГьерекIдерил майдан» нухлул цо бутIа.
Грозныялдаса байбихьараб гьеб гьабсагIаталда къачIалеб буго кутакалда борхатаб гIандадерил мухъалдасан (ралъдал гьумералдаса 2000 метралъ борхатаб бакI). Цо-цо бакIазда мугIрул гIанлъун, шагьранухал гьариялда цадахъго, хъилги тIолеб буго гьенибе.
Россиялъул президент Владимир Путинил тIадкъаялдалъун бахъулеб нух ккола гьеб. Гьедин ГьаракIунибе щвезегIан бачIунеб гьеб нух къачIан бахъиналдалъун лъикIлъила Дагъистаналдагун Чачан Республикаялда гьоркьор ругел даран-базаралъул, культураялъул, росдал магIишаталъул суалал. Гьединго цIикIкIина цоцахъе хьвадулел туристалги. ГьабсагIаталда гьезда гьоркьор бищунго машгьурал бакIалги гьеб нухккун ругелъулха (ГIанди-хIор, МочIохъ-хIор, Макьасда, ЦIобокь рагIал, рихьундерил хIор ва цогидалги бакIал).