Болъихъ районалъул РахатIа бугеб буртабазул фабрикаялъул иш рес къотIараб хIалалде кколеб бугин лъазабуна гьелъул нухмалъулев ГIали МухIамадовас. -ГIолохъаби гьенире хIалтIизе рачIунел гьечIо. Цебе лъабнусго чи хIалтIулев вукIараб фабрикаялда жакъа хутIун вуго къогогIан чи, гьелги руччаби. ТIадежоялъе, фабрикаялъул къайи-цIа хисичIогоги бана гIемераб мех, техника басралъун буго. ГIолохъабазе бокьулеб гьечIо...
