ГIолохъабазул хIаракат

   МахIачхъалаялъул каналалъуре рортарал эбелги гьелъул лъабго лъи­мерги хвасар гьарурал полициялъул хIалтIухъаби кIодо гьаризе руго.

     Гьеб иш ккана гьал къоязда. ЧIужугIаданалъ бачунеб букIараб машина бортана КОРалъубе. Гьеб бихьарал, нухазда низам цIунулеб хъулухъалъул хIалтIухъаби ГIабдула МухIамадовги Рустам МухIамадовги кумекалъе рортана. Гьезго хехаб кумекалъул машинаги ахIана. Хадур гьел щвана жи­децаго хвасар гьаюрай гIаданалъухъе рокъореги. Гьелъги гьелъул инсуца­ги гьара-рахьиги гьабун, разиго къабул гьаруна гIолохъаби.

    Гьединабго бахIарчияб иш гьабуна нилъер ракьцояз гьал къоязда Кали­нинград областалъул Балтийск шагьаралдаги.

      26 октябралда, газги кьвагьун, цIа ккана гIемертIалаяб минаялъуб. ГьебсагIат балагьаб иш ккараб рокъоре кIанцIун, эбелги кIиго гьитIинаб лъимерги хвасар гьаризе рортана ПирмухIамад ХIусеновги Ражаб Ризва­новги. Гьел ккола Балтийск шагьаралда, контракталда рекъон, рагъулаб хъулухъ тIубалел ругел нилъер ракьцоял.

    МЧСалъул хIалтIухъаби тIаде щвезегIан тIасияб тIалаялдаса гIумру гьа­бун ругел жеги кIиго чIужугIаданги, лъабго херал чагIиги хвасар гьаруна гьелго гIолохъабаз.