Ковид хисун бачIараб «Омикроналъ» гьужум гьабизе байбихьун букIиналъул бицана Сергей Меликовас 25 январалда республикаялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда. ДРялъул бетIерасул официалияб сайталда хъвавухъе, Меликовас мисалалъе бачана мадугьалихъ бугеб Ставрополь край. Гьенир гIадин кIудияб къадаралда гIадамал унтичIониги (900 хIужа), нилъер гьанивги лъабнусго чиясул анализазулъ тIатун буго «Омикрон». Гьелдаса цIуна-къаялъе вакцина гьабизе ракIалде ккун батани, гьелъул...

