Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб Управлениялъул хIалтIухъабаз ккун вуго социалияб рахъалъ халкъ хьезабиялъул рахъалъ гIуцIарал центразул вакилзаби. Сакъаталги хералги гIадамазе пачалихъалъ биччараб 620 миллионал- дасаги цIикIкIараб гъурущ гьез жидеего тIокI гьабиялда щаклъи буго цIех-рехчагIазул. Гьелги ккола захIматалъулгун социалияб рахъалъ халкъ цIуниялъул мурадалда гIуцIараб ДРялъул министерствоялъул цо хъулухъчи, гьединго МахIачхъалаялда, Дербенталда, Казбек,...
