Новость на родном

Самолёталги рулалъул гидроусилителалги  

        Гъизляралъул электромеханикияб заводалъ КамАЗазе рулазул гидроусилителал хIадуризе руго. Исана къватIибе биччазе буго гьединаб 500 алат. 2023 соналда гьеб къадар азаргоялде бахинабизеги ракIалда бугин бицана гьал къоязда «Рен-ТВ» ва «Известия» телеканалалъул журналистазе заводалъул генералияв директор Ибрагьим АхIматIовас: — Ахираб заманалда нижеца тIадчIун хIадур гьарулел руго вертолётазе, автомобилазе хIажатаб къайи-цIа. Мисалалъе, гьел ккола...

Новость на родном

Мухтар Амиров: «Жидеда хадур чагIи рачIине рукIиналде кIудияб хьул буго дозул»

        Дагьал церегIан Украинаялдаса тIад руссарал Дагъистаналдаса журналистазул цояв ккола «Координационный информационно-культурный центр» ГБУялъул нухмалъулев Мухтар Амиров. «Мирмол» сайталъеги (www.mirmol.ru) «Что там у дагестанцев?» абураб телеграм-каналалъеги материалал хIадуризе гьесда цадахъ гьенире ун рукIана Исрафил Исрафиловги Мурад МухIамадовги. Гьезго гIадин Украинаялдаса репортажал хIадурана «Дагъистан» РГВКялъул корреспондент Умай Ибрагьимовалъги, Россиялъул 1 телеканалалъул ва НТВялъул...

Новость на родном

КIиго миллион турист къабул гьавизе кIвеладай?

Гьал къоязда ДРялъул хIукуматалда тIобитIана республикаялда туризм цебетIезабиялъе, аслияб куцалда, муниципалитетаз гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицараб данделъи. Гъоркьиса нилъехъе цо миллион турист вачIун вукIун ватани, туроператоразухъги экспертазухъги ругел баяназда рекъон, исана вачIине вуго кIиго миллион чи.букIине кколеб куцалда къабул гьабизе гIурал ресал республикаялда ратиялда щаклъи загьир гьабуна Сергей Меликовас, интернеталда гIадамаз гьарулел хъвай-хъвагIаялги ракIалде щвезарун. Масала,...

Новость на родном

Гвай базе буго

       Аварги ГIандиги гIорал кьищни-къулалдаса рацIцIад гьаризелъун, рамазан моцIалдаса хадуб кIудияб гвай базе буго республикаялда. Тадбиралъе нухмалъи гьабизе буго ДРялъул ТIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ.   — Аллагьас хъван батани, 16 районги гIахьал гьабун, кIудияб субботник тIобитIизе ракIалда буго нижеда кIал биччан хадуб, — ин лъазабуна рехсараб министерствоялъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимовас.

Новость на родном

Донбассалъул лъималазе сайгъат

       РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумахановас ДНР ва ЛНР республикабазул лъималазе ритIана адабияталъул тIахьал. «Донбассалъе тIахьал» абураб акциялъул рахъги ккун, Пушкинил, Лермонтовасул, Гоголил ва Толстоясул хвел гьечIел асараздаса данде гьарурал тIахьал ккола гьел. — Улкаялда лъугьун бугеб захIматаб ахIвал-хIалалъ ракI­ги гIодоб чIвазабун ругел лъималазул ракIал биччанте гьел тIахьаз чIаголъизаризе. Гьелъулъги батизе бегьула...

Новость на родном

 «Гьорол эбел»

       12 апрелалда рахъарал гьураз дагьа-макъаб букIаниги зарал гьабуна республикаялда. МахIачхъалаялда гъутIби регизаруна, токалъул кварал тIезаруна. Каспийскиялда, Ленинил цIаралда бугеб къотIноб, гIемертIалаяб минаялъул къададаса тIун бачIараб гачил кесек дагьалъ хутIана гъоркьан унел рукIарал гIадамазда тIад речIчIизе. ТалихIалъ, лъиениги къварилъи ккечIо.

Новость на родном

Хьергебдерил рохьахъ цIа боркьун буго

      Хьаргаби районалда бухIу­леб буго рохь. ЦIа ккана 12 апрелалда Къудукь росдадаса 4 км гIагарлъухъ бугеб Сасукь абулеб бакIалда. ТIаде ине хIинкъарал нухал ругеб бакI букIиналъ, цIа свинабизе захIмалъулеб буго.  Амма гьабсагIатги гьенир хIалтIулел руго МЧСалъулги ЦIа свинабулеб хъулухъалъулги хIалтIухъаби.  

Новость на родном

Ралелго ралел цIиял школалги…

      12 апрелалда ДРялъул хIукуматалъул минаялъуб тIобитIараб данделъиялда бицунеб букIана республикаялъул школазда лъимал лъабго ригьалда цIалулеб къагIида лъугIизабизе ккеялъул хIакъалъулъ. Гьединал школал цIакъго гIемер ругин бицана данделъиялда ДРялъул премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас.    2024 соналде 20 цIияб школа базе буго республикаялда: МахIачхъалаялда — 10, Хасавюрт районалда — лъабго, Каспийскиялда — кIиго. Гьединго цо-цо школа...

Новость на родном

ЖамагIатчагIазул хIалтIи цIи гьабизе буго

  13 апрелалда ДРялъул хIукуматалда тIобитIана батIи-батIиял идарабазда, муниципалиял гIуцIабазда цере гIуцIарал жамгIиял советазул хIалтIи цIи гьабиялъул бицараб данделъи.    ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдул­мус­лимовасда цадахъ гьелда гIа­хьаллъана Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председатель Анатолий Карибовги, батIи-батIиял министралги, республикаялъул Жам­гIияб палатаялъул председатель ГIабдулмуъмин Ибрагьимовги, гражданияб жамгIият цебетIезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб Советалъул...

Новость на родном

ЦУРалъ бицунеб буго…

    13 апрелалда МахIачхъалаялда ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Алексей ХIасановас тIобитIараб дан­де­лъиялда ЦУРалъул (центр управления регионом) нухмалъулев МухIамадсултан ГIабдуралимовас бицана гьезухъе гIарзахъдулел дагъистаниязул рахIат хвезабулел суалазул хIакъалъулъ. Гьесул рагIабазда рекъон, гьел ккола чара гьечIого къойилго хIажалъулеб къайи-цIаялъухъ ругел багьабиги аптекабазда дараби рати-ратунгутIиги. Гьедин хъвалеб буго ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул Телеграмалда бугеб...