80 соналдасан батараб алат

 

   Хасавюрт районалъул Пятилетка росулъ батун буго КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда бортараб рагъулаб самолета­лъул хутIел. 80 соналъ цебе фашисталгун вагъулаго, самолёталъе гъая ккедал, гьелъул летчик парашюталъ кIанцIун вуго. Гьесул къисмат кинаб ккарабали лъалеб гьечIо, гьанже тIаде ккун руго гIурулъе бортараб самолёталъул хутIелалде. Экспертазул рагIабазда рекъон, тарихалъе цIакъ къанагIатаб тIагIел ккола гьеб. Гьединлъидал кIудияб къимат буго гьелъул тарихчагIазегун археологазе.