Новость на родном

Вакцинация: квешищ, лъикIищ?

     12 июналда ДРялде бачIана коронавирусалда данде гьабулеб «ГамКовидВак» вакцинаялъул («СПУТНИК V») жеги 11700 доза.         Термоконтейнеразда жаниб киса-кибего щвезабулеб буго гьеб.    ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялдаса щварал баяназда рекъон, 15 июналде республикаялда гьеб вакцина гьабун буго 112629 чиясе.    ТIадеялдаса тIаде цIикIкIунел руго ковидалъ унтулел чагIи, хасго гIолохъанаб гIел буго гьаб нухалъ...

Новость на родном

Къварилъиялъ цолъизаруна ва къвакIизаруна

ЦIияб соналда цебе нижеца гара-чIвари гьабуна республикаялъул политикиябги жамгIиябги гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабурал, гьединго Дагъистан бахун къватIир ругел цо-цо миллатцоязулгун. Кинаблъун нужеда ракIалда чIараб 2020 сон абураб суалалда тIасан ккана нижер хабарги.   Хизри Абакаров, ДРялъул Пача­лихъияв секретарь: — Нилъее киназего 2020 сон кута­калда захIматаб, хIалуцараб букIана. Гьелдалъун нилъ ругьунлъана нилъ­го бетIергьанаб щибаб жоялъул къи­мат...

Новость на родном

ГурхIел-рахIмуялъулги гIорхъи букIуна

Шагьаралъул къватIазда гьардухъабаз гьабулеб «бизнесалъул» хIакъалъулъ лъаларев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. Гьезие гIарац кьезе бегьуларин гьарулел малъа-хъваялги гIемер рагIула. КъватIазда гIарац бакIарулел гьардухъабазе кисинир ратарал гъурщал кьунин абун нилъги мискинлъиларо. Гьединаб «садакъаялъул» кумекалдалъун, хIалтIичIого, кIудияб гIакъуба бихьичIого бигьаяб гIумруялде гьардухъаби ругьун гьари гуреб тIокIаб пайда гьелдаса бихьуларо. Ахи­рал соназдаян абуни, къватIазда рукIунел гьардухъабаздаса гIемерго цIикIкIун...

Новость на родном

Магьди-МухIамад Камалов: «Дир вац Шамил ГIисаевас чIвачIо»

Дагьал церегIан къоязда «Коммерсант» газеталъ лъазабуна «Черновик» газеталъул бетIергьанлъун вукIарав ХIажимурад Камалов чIваялъул гIайиб РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ гIунтIизабунин ДРялъул вице-премьерлъун вукIарав Шамил ГIисаевасде. Гьединалго гIайибал гIунтIизарулел руго жеги лъабгоясдеги – Мурад ШугIайбовасде, МухIамад Хазамовасде ва МухIамад АбихIасановасде. Дагьалъ цебегIан судалъ Шамил ГIисаевасда тIад чIезабуна Гъуниб «Орлиное гнездо» абураб хIухьбахъиялъулаб бакI къачIазе республикаялъул бюджеталдаса биччараб гIарац...

Новость на родном

Суалал-жавабал

ЛъаратIа районалдаса С. ЖахIбаровас цIехолеб буго: «Электросчетчик абонентасул гIайибалдалъун хун гьечIони, гьеб лъица хисизе кколеб, идараялъищ яги живго хважаинасищ?»   Гьаб суалалъе жаваб кьуна Шамил районалъул токалъул под­стан­ция­лъул мастер МухIамад Му­хIа­ма­довас:    — Байбихьуда лъун рукIарал, механикиялин абулел, чIегIераб кьера­лъул токалъул счетчикалги «Меркурий» абулел счетчикалги хун ратани яги лъикI хIалтIулел ратичIони, хисизе ккола живго хважаинас....

Новость на родном

Суалал-жавабал

Болъихъ районалъул Гъагъалъ росулъа А. Са­гIит­беговас цIехолеб буго: «Дун ккола, гьоркьоб заман биччачIого, 42 соналъ школалда учительлъун хIал­тIарав чи, РФялъул мустахIикъав учитель. Дир пен­сиялде тIаде, гьеб стажалда ва цIаралда рекъон, бачIунеб гIарац букIунищ?»   Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРя­лъул педагогазул ва гIелмиял хIа­л­тIухъаба­зул профсоюзалъу­л ко­­мите­талъул юрист Мансур МухIа­мад­­са­гIидовас:   — Гьоркьоб заман биччачIого 20 яги...

Новость на родном

Суалал-жавабал

«Дир ясалъул буго лъабго лъимер. Гьелъ тIоцебесеб лъимер гьабидал, ясли-ахалде кьураб гIарзаялда рекъон, жеги бакI щун гьечIо гьениб. Яс жийгоги хIалтIулей гьечIо, лъимал гIиссинго рукIиналда бан, мукъсанаб гурони лъималазе щолеб пособиеги букIунаро. Я мина базе кьолеб ракь ялъуни хIукуматалъул рахъалдасан кумек гуро. ГIолохъанал хъизамал кире ине кколел гIарзалъ?»   Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул...

Новость на родном

Дуца «кьуралда» рекъон «кьола» дуеги

Сахлъи цIуниги буго бизнесалде буссинабун   КIиго учитель дандчIвани, абула, совещание байбихьулин, лъабгояв гIодовчIани -педсовет рагьулин. Тахшагьаралъул паркалда букIараб гьединабго «педсоветалда» АхIмад МухIамадовас бицана: «Жакъа МахIачхъалаялъул поликлиникабазда гIадамазул сахлъиялъул цIех-рехал тIоритIиялъе саламатал шартIал гIуцIун руго. Гьебго заманалда, поликлиникабазул заведующиязул гIарз букIуна хIалтIул даража борхизабиялъе жидее гIарац гIолеб гьечIилан. ХIалтIулев щивав чи вухьинавун вуго шагьаралда гIумру...

Новость на родном

Киб бугеб мун, ритIухълъи?

СМИязул алатаз гIемер бицунеб буго 22 ноябралда МахIачхъала шагьаралъул №1 роддомалда, тохтурзабазул гIайибалдалъун, гьабураб лъимер хвеялъул хIакъалъулъ Гьелъул гIайиб гIунтIизабулеб буго роддомалъул бетIерай тохтуралде. Социалиял гьиназда гьадин хъвалеб буго: «МахIачхъала шагьаралъул №1 роддомалда ккана иргадулаб балагьаб лъугьа-бахъин. Гьение ячIарай лъимаде йигей гIаданалъул букIана цIикIкIараб бидул тIадецуй, лъимаде йигей гьелъул беццаб бакьалъе гьабун букIана операцияги. 2I ноябралъул...

Новость на родном

10 сон бана Россиялда ЕГЭ чIарагьечIеблъун гьабуралдаса

Цояз беццула, цогидаз какула   Гьеб щибжояли лъалеб буго улкаялъул гражданазул 89 проценталда. Гьезул бащдалдаса цIикIкIаразул (55%) лъималаз яги лъималазул лъималаз кьуна цогоял пачалихъиял экзаменал, хутIаразда (34%) гьелъул хIакъалъулъ лъала СМИяздасан. ЖамгIияб пикру лъазабиялъул тIолгороссиялъул централъ (ВЦИОМ) тIобитIараб цIех-рехалда ре-къон, гьелда гIахьаллъаразул 77 проценталъ абулеб буго школалда лъимал куцалел ругин гIицIго тестал цIезаризе. Гьединлъидал цIалдохъабазул...