Новость на родном

Бокьулеб хIалтIул рахIатаб лахIзат

  Ахирал соназда гIемер бицараб, нилъеда киназдаго лъикI лъалеб ва дандчIвалеб суаллъун ккола республикаялда цIакъго гIемерлъун рукIин тIадегIанаб цIалул учреждениял, цIикIкIунеб букIин, щиб санагIат гьабунги, дипломал кодоре щвезе бокьаразул къадар. Амма гьезул цIалуда ва дипломазда рекъараб, гьезие гIураб ва гьелде гIагарараб хIалтIи нилъер гьаниб гьечIо, щакаб буго гIагараб заманалда букIинги. Гьебго заманалда нилъее гIолел гьечIо...

Новость на родном

Ругьунаб ва пайдаяб нигIмат

РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ щивав чияс лъагIалие кваназе хIажатаблъун ва пайдаяблъун рикIкIунеб буго гьанал 73 килограмм. ХIакъикъаталдаги Россиялда кваналеб буго 83 килограмм (гьелда гьоркьоб аслияблъун ккола абизегIанасеб пайда гьечIеб гIанкIуязул ва болъоназул гьан). Бищун цIикIкIараб къадар чIегIербоцIул гьанал кванала Аргентинаялда (46 кило), болъоназул гьан — Хорватиялда (57,4 кило), гIи-цIцIаназул — Монголиялда (68,5 кило). Дагъистаналда кваналеб...

Новость на родном

Бихьинчи бихьинчилъун вугони, чIужугIаданги чIужугIаданлъун йикIуна

Жакъа Дагъистаналда ригьин биххи лъугьун буго гIадатияб ишлъун. Ахираб 10 соналда жаниб республикаялда риххулел хъизамазул къадар соналдаса соналде цIикIкIунеб буго. Масала, гъоркьиса ноябрь-декабрь моцIазда жаниб Дагъистаналда гьабун буго 1011 ригьин, гьебго заманалда биххун буго 451-яб. 10 соналъ цебе ригьиназул 20 процент гурони биххулеб букIун батичIони, жакъа гьезул къадар 30 проценталдасаги цIикIкIун буго. Хъизамал риххиялъе ругел...

Новость на родном

Бицунеб рагӀана, рокъобе газ бачиналъе ва газалъул къайи босиялъе ми- скинал хъизамазе ва инвалидазе гӀарцулаб кумек гьабулеб бугилан. Гьелъул хӀакъалъулъ мухӀканаб баян кьуни, бокьилаан

Газеталде гIемерал кагътал рачIуна жидерго суалалагун. Гьединаб суал буго Шамхал поселокалдаса МухIамадов ГIисаца бачIун. «Бицунеб рагӀана, рокъобе газ бачиналъе ва газалъул къайи босиялъе мискинал хъизамазе ва инвалидазе гӀарцулаб кумек гьабулеб бугилан. Гьелъул хӀакъалъулъ мухӀканаб баян кьуни, бокьилаан». Гьадинаб жаваб кьуна гьеб суалалда хурхун Газпром газораспределитель МахӀачхъалаялъул» клиентазулаб централъул консультант Расулова Жа- миляца: – Социалияб газификация...

Новость на родном

Повестка бачIунин абун, рихха-хочизе кколаро

    Дагъистаналъул рагъулав комиссар Дайтбег МустIапаевас цоги нухалда бицана мобилизациялъул хIакъалъулъ. Гьаб нухалда военкомас жавабал кьуна «Прибой» радиоялъухъ гIенеккулел дагъистаниязул суалазе. «Военкоматалдаса повестка бачIанилан абун, рихха-хочизе кколаро. Военкоматалда гьезда бицине буго рагъулаб хъулухъалде ахIиялъул мурад ва мухIкан гьаризе руго хIажатал баянал. Гьенисанго рагъулаб операция тIобитIулеб бакIалде щивниги вачунаро. Цин халгьабула призывникасул сахлъиялъулги, рокъоб бугеб...

Новость на родном

   Цолъиялъулъ буго гучги къуватги

      Республикаялъул халкъазе кIвар бугел хIукмаби гьаруна тIолалго дагъистаниязул вакилзаби гIахьаллъарал съездазда. Гьединал съездал тIоритIана 1920 соналъул 13 ноябралда Темир-Хан-Шураялда, 1992 ва 2010 соназда МахIачхъалаялда. Дагъистаналъул халкъазул лъабабилеб съездалда кIалъалаго, Дагъистаналъул президентлъун вукIарав МухIамадсалам МухIамадовас абуна: «Дида битIараблъун бихьула «Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо» абураб республикаялъулаб байрам тасдикъ гьаби. Гьелъ квербакъизе ккола нилъер мугIрузулаб...

Новость на родном

Туристал гIемерлъи: лъикIищ, квешищ?

    Ахираб кIиго соналда жаниб пандемия сабаблъун ругел гIорхъичIваяз къватIисел улкабазде хIухьбахъизе ине квекIен ккеялъ, нилъер республикаялде ранго ран рачIине байбихьана хIатталдаса ун гIемерал туристал. Цо-цояз гьелдасан жидеего хIалкIвараб пайда балагьулеб буго. Цогидазейин абуни рекIее къабуллъулеб гьечIо къватIиса рачIарал гьалбал нилъер гьанир гIемерлъи. Гьеб суалалда тIасан жамгIиял гьиназдаги боркьарал бахIсал унел руго нилъер ракьцоязда...

Новость на родном

Хиралъулеб къайиги чванта бицат гьабулел предпринимателалги

     «Дагъистаналъул правда» газеталъул конференц-залалда тIобитIараб данделъиялда бицана базараздагун тукабазда багьабазда сверухъ гьечIеб низамалъул, предпринимателазул хIалтIул хаслъабазул ва гьезие, лъугьун бугеб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, пачалихъалъ гьабизе бугеб кумекалъул хIакъалъулъ. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халиловги регионалъул даран-базаралъул сетазул вакилзабиги. Февралалъул ахиралдаса байбихьун къойидаса къойиде кинабго хиралъулеб буго. Гьелъие ккараб гIиллаги киназдаго лъала....

Новость на родном

«Рагъуй къали бухулел…»

      Араб анкьидаса байбихьун, Украинаялда лъугьунеб-толелда хадуб халги кквечIев, гьелъулги бицунарев чи ватиларо. Киназего бокьун буго рагъ лъугIизе, ургъелал кIочараб, берцинаб яшавалде нилъги нахъруссине. Амма… Амма дунялалъул геополитикияб горсверуда лъугьу- нелъухъ балагьани, парахалъиялъул биценго гьечIо гьениб. ГIемерисел пачалихъал Россиялде дандечIун ругеб гIадаб сурат буго. Санкциязул цIад базабулеб буго нилъеде.    Спорталъул рахъалъ дунялалда...

Новость на родном

ГIадамалги гочун, мугIрул жалго хутIиларедухъ…

       30 сентябралда тIобитIизе буго цIибищараб Халкъияб Собраниялъул тIоцебесеб сессия. Гьенир рищизе руго парламенталъул спикергун вице-спикералги, комитетазул нухмалъулелги, Федерациялъул Советалде сенаторги (Халкъияб Собраниялдаса вакил). Гьеб якъинлъила 30 сентябралъул сессиялда. ГьабсагIаталда нижеца хIукму гьабуна цIияб парламенталда депутатазул цо-цояз сунде кIвар кьезе бугебали гьезда жидедаго гьикъизе.   МухIамад ПАТХIУЛАЕВ, Болъихъ районалъул вукIарав нухмалъулев:   — Депутат...