Шагьаралъул къватIазда гьардухъабаз гьабулеб «бизнесалъул» хIакъалъулъ лъаларев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. Гьезие гIарац кьезе бегьуларин гьарулел малъа-хъваялги гIемер рагIула. КъватIазда гIарац бакIарулел гьардухъабазе кисинир ратарал гъурщал кьунин абун нилъги мискинлъиларо. Гьединаб «садакъаялъул» кумекалдалъун, хIалтIичIого, кIудияб гIакъуба бихьичIого бигьаяб гIумруялде гьардухъаби ругьун гьари гуреб тIокIаб пайда гьелдаса бихьуларо. Ахирал соназдаян абуни, къватIазда рукIунел гьардухъабаздаса гIемерго цIикIкIун...
