Балагьараб мехалда, «РФялда хъизамалдагун рукIа-рахъиналда зулму гьабунгутIиялъе тадбирал гьариялъул хIакъалъулъ» абураб законопроект квешаб гьечIин ккола. Амма кIвар кьун балагьараб мехалда бичIчIулеб буго гьеб закон тасдикъ гьабуни рукIине ругел квал-квалалги санагIат рекъечIел рахъалги. 2016 соналда РФялъул Пачалихъияб Думаялъул данделъиялда тIоцебесеб нухалда цебелъуна рехсараб законопроект. Гьеб нахъчIвана, амма 2019 соналда гьеб цIидасан къватIибе бахъана. Гьелъие гIиллалъун рехсолеб...
