Апрель моцI 1725 соналъул апрелалда шамхал ГIадил-Гирей Россиялде данде вахъана ва гIахъущгун цадахъ «Аграханский» абулеб хъалаялде тIаде кIанцIана.1803 соналъул апрелалда аваразул ханлъи Россиялъул кверщаликье ккана.1843 соналъул апрелалда Шамил-имамас, киналго наибзабиги, дибирзабиги, къадизабиги ракIарун, гьезул букIине кколеб мутIигIлъи гьечIилан бадибчIвайги гьабун, лъазабуна жинца имамлъиялдаса инкар гьабулеб бугилан.1846 соналъул апрелалда Шамил-имамас кIудияб чабхъен гьабуна Кабардаялде. Гьес...
