Новость на родном

Мурад щибдай?

Цодагьабниги пикру гьабулев чиясда бичIчIулеб буго, дол цере рукIарал школалги гьанже ругелги батIи-батIиял бакIал рукIин. Дица школазул минабазулги, гьениб жаниб бугеб ремонталъулги, цIиял партабазулги, интерактивиял доскабазулги гуро бицунеб бугеб. Мурад!? Гьанже ругел школабазул хIалтIул мурад щибдай? Гьанже школалда школайиланцин абулеб гьечIо, гьеб рагIула лъайкьеялъул учреждение.   Гьел учреждениязда хIалтIулел учительзаби, жидерго дарсазде хIадуризе ва тIадегIанаб...

Новость на родном

Бицунеб рагӀана, рокъобе газ бачиналъе ва газалъул къайи босиялъе ми- скинал хъизамазе ва инвалидазе гӀарцулаб кумек гьабулеб бугилан. Гьелъул хӀакъалъулъ мухӀканаб баян кьуни, бокьилаан

Газеталде гIемерал кагътал рачIуна жидерго суалалагун. Гьединаб суал буго Шамхал поселокалдаса МухIамадов ГIисаца бачIун. «Бицунеб рагӀана, рокъобе газ бачиналъе ва газалъул къайи босиялъе мискинал хъизамазе ва инвалидазе гӀарцулаб кумек гьабулеб бугилан. Гьелъул хӀакъалъулъ мухӀканаб баян кьуни, бокьилаан». Гьадинаб жаваб кьуна гьеб суалалда хурхун Газпром газораспределитель МахӀачхъалаялъул» клиентазулаб централъул консультант Расулова Жа- миляца: – Социалияб газификация...

Новость на родном

АхIи базе ккараб хIал буго

     Анлъабилеб декабралда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде рачIун рукIана республикаялъул почалъул хъулухъалъул нухмалъулев (УФПС) МахIач МухIамадовги гьесул заместитель Ангелина Акбулато­ваги.       Миллиял мацIазда риччалел газетазе гьабулеб подпискаялъул къадар цIакъго гIодобе ккун букIиналда бан, гьелда сверухъ гьабсагIат бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицине рачIун рукIана гьел.     Мисалалъе босани, миллионалдасаги цIикIкIун чи вугеб магIарулазул аслияб...

Новость на родном

Салуца рахчулел мучIдулги руго…

     Ракь кидаго рикIкIуна къиматаб бечелъилъун. Амма, ахираб заманалда, республикаялда гIемер руго, пайдаялъе хIалтIизаризе бегьулел ругониги, рехун тарал ракьал. Гьелдаго цадахъ салул авлахъазде сверулел руго Гъизляралъулгун Нугъай районазул ракьал. Специалистаз абулеб буго, гьеб кколин цебегоялдаса нахъе бичча-бихъан тараб ва, гIемерал харжалги гьарун, Россиялъул хIукуматалъ къабул гьабизе кколеб хасаб программаялда гурони тIубазабун бажарулареб захIматаб масъалаян...

Новость на родном

СУАЛ-ЖАВАБ

Гъоркьехун рехсолел суалазе жаваб кьуна ДРялъул Пенсиялъул фондалъул отделалъул начальникасул заместитель ГIайшат КIудиямухIамадовалъ.     Шамил районалдаса АсхIабгIалиев МухIамадица цIехолеб буго: «Дун ва росасдаса ятIалъарай дир яс гIумру гьабун руго чияр минаялъур. Лъимер гьа­бидал ясалъе щвезе кколаан эбелалъулаб капитал. РакIалда букIана гьелъул кумекалдалъун мина-рукъ босиялъе санагIалъи гьабизе. Амма Шамил районал­даса дир ясалъе гьеб капитал кьолеб...

Новость на родном

СУАЛ-ЖАВАБ

Хадусеб кIиго суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмиял хIалтIухъабазул профсоюзалъул юрист Мансур МухIамадсагIидовас.   ЦIумада районалъул Гъоркьгьаквари росулъа 79 сон барав пенсионер, 49 соналъ авар мацIалъул дар­сал кьолев захIматалъул ветеран Насрудинов Шагь­рураманарица цIехолеб буго: «Коммуналиял хъу­лухъазухъ абун, учительзабазе моцIрое кьола 1100 гъурущ ва ветеран хIисабалда, —щунусиялда хадуб гъурущ. Дир хъизаналъ хIалтIи таралдаса буго...

Новость на родном

СУАЛАЛ-ЖАВАБАЛ

Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна ДРялъул Пенсиязул фондалъул консультант Асият АхIмадовалъ:    «2020 соналда хIалтIулел пенсионеразул пенси­ялъе индексирование гьабизе бугилан бицана, цинги гьабизе гьечIин абунги, ниж пашманги гьаруна. Бо­кьилаан гьелъул хIакъикъат лъазе». — 2020 соналда хIалтIулел пенсио­неразе пенсия рикIкIине буго цIияб законалда рекъон. Гьелъул магIна ккола гьезул страховияб пенсия цIикIкIине гьечIин абураб. Пенси­онер хIалтIудаса гIодов...

Новость на родном

СУАЛАЛ-ЖАВАБАЛ

Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна адвокат ШейхмухIамад ГъазимухIамадовас:   «Дир росасул буго цее йикIарай лъадуца гьабураб лъимер. Гьес гьелъие алименталги кьола. Нижерги буго цадахъаб лъимер. Гьединаб ахIвал-хIалалда рекъон, алиментазул къадар кин дагь гьабизе бегьу­леб?» — Алиментазул роцен хисизаби бараб букIуна кIиябго рахъалъул материалиябгун хъизамазул бугеб хIалалда. РФялъул Хъизамалъу­лаб кодексалъул № 101 статьяялъул 2-абилеб пункталда рекъон,...

Новость на родном

Суалал-жавабал

Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна адвокат ШехмухIамад Гъази­мухIамадовас.   Унсоколо районалъул ЦIатIанихъ росулъа бачIараб кагътида цIехолеб буго: «Дун ккола 1999 соналъул август-сентябрь моцIазда Болъихъ ккарал рагъазул гIахьалчи, руго шапакъаталги. Дун ккола захIматалъул ветеранги. Лъазе бокьилаан, дица токалъухъ гIарац кьезе кколищали?» — Федералияб законалда ре­къон, хIукуматалъул кинаб букIаниги бигьалъи щвеялъе, тIоцебесеб иргаялда, дур букIине ккола рагъул...

Новость на родном

Суалал-жавабал

МахIачхъала шагьаралъул Батирайил къва­тIалъул №39/18 адресалда гIумру гьабун вугев С. Шамсудиновас редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «АнцIго сон буго коммуналиял хъулухъазухъ гIарац кьезе дун хьвадулев вугелдаса. Гьебго къваригIелалъ МФЦялде рачIуна 70-90 сон барал харабиги. Киназулго буго цо суал: «Газалъул ва токалъул счетчиказул бихьизабиязда рекъон щибаб моцIалъ нижеца гIарац кьола. Киса росунха токалъул ва газалъул...