СУАЛ-ЖАВАБ

Хадусеб кIиго суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмиял хIалтIухъабазул профсоюзалъул юрист Мансур МухIамадсагIидовас.

 

ЦIумада районалъул Гъоркьгьаквари росулъа 79 сон барав пенсионер, 49 соналъ авар мацIалъул дар­сал кьолев захIматалъул ветеран Насрудинов Шагь­рураманарица цIехолеб буго: «Коммуналиял хъу­лухъазухъ абун, учительзабазе моцIрое кьола 1100 гъурущ ва ветеран хIисабалда, щунусиялда хадуб гъурущ. Дир хъизаналъ хIалтIи таралдаса буго ун­къо сон, гьелго гIарцал гьелъиеги щола. БукIунадай гьединал чагIазе токалъул ва газалъул 50 проценталъул бигьалъи. Дие щолареб батани, хIалтIуларей хъизаналъегIаги букIународай гьединаб скидка?»

 

— 2013 соналъул 26 октябрал­да къабул гьабураб Россиялъул хIукуматалъул № 963 хIукмуялда рекъон, коммуналиял бигьалъаби хIисабалда, росдал учительзабазе моцIрое 1200 гъурущ кьезе бихьиза­бун буго. Амма, мискинаб регион бу­гин абун, нилъер учительзабазе 1133 гъурущ гурони кьоларо.

Коммуналиял хъулухъазухъ абун, компенсация кьола росдал школалда хIалтIун анцIго соналда дагь гьечIеб педагогикияб стаж бугел пенсиял­де арал учительзабазе. Гьеб пед­стажалде гьоркьобе унаро лъимада хадуб хъулухъ гьабизеян босараб отпуск яги учителасе бокьун гьор­кьоб къотIизабураб стаж. Росулъ хIалтIарав, амма жакъа шагьарал­да гIумру гьабун вугев учителасеги гьел бигьалъаби рукIунаро.

 

 

ЛъаратIа районалъул Мазада росдал школалъул учитель ГIалиев Маирбекица цIехолеб буго:

«Нижер участкаялда гIарац кьезе кколеб жо, цохIо ток гуреб, щибго гьечIо. Цебе росдал учитела­се цо тонна тIурччи чIобого кьолаан, гьелъул багьа букIана анкьазарго гъурущ. Хадуб гьелъул багьа 12 азаргоялде бахана. ТIурччи рехун хираго чIолеб бу­гин абун, гьелъул бакIалда моцIрое 1500 гъурущ кьолаан.

Щибаб моцIалъ дица токалъухъ кьола 5008001700 гъурущ. Дие бо­кьун буго токалъухъ кьолеб гIарцул бащдаб кьуни гIолин абураб баян щвезе. Социалияб рахъалъ цIуниялъул хIакимзабаз абулеб буго ком­муналиял хъулухъазухъ моцIрое жидеца кьолила азарго гъурущ. Ну­жеца газеталда хъвараб жо гьез гIадахъ босулеб гьечIо. Бокьила гьаб дир суалалъе мухIканаб жаваб щвани».

— ХIурматияв Маирбек, кигIан бокьичIониги нахъеги такрар гьа­бизе кколеб буго, коммуналиял би­гьалъаби хIисабалда, Дагъистаналда росдал учительзабазе моцIрое кьезе бихьизабун буго 1133 гъурущ. Дуе бокьараб къагIидаялда, токалъухъ кколеб гIарцул бащдаб кьуни гIолин абураб баян щвезе кинго рес гьечIо. Нужер районалъул социалияб рахъ­алъ цIуниялъул хIакимзабаз абулеб жо, ай коммуналиял хъулухъазухъ моцIрое кьолеб азарго гъурущ ккола жакъа къоялъул кьогIаб хIакъикъат.

 

 

 

 

 

Шамил районалъул Зиуриб росулъа ГьитIихIмаев ГьитIихIмаца цIехолеб буго:

«1991 соналде щвелалде кассаялда лъун букIараб гIарцул компенсация 2020 соналда кигIанасеб роце­налде щолеб, киса босизе бегьулеб?»

 

Гьаб суалалъе жаваб кьуна МахIачхъалаялъул Сбербанкалъул кассовиял операциязул отделалъул начальник ХIусен ХIусеновас:

 

— 2020 соналда сбербанказ кьола 1991 соналъул 20 июналде щвелел­де кассаялда лъун букIараб гIарцул компенсация. 1991 соналъул 20 ию­налдаса хадуб кассаялда лъураб гIарцул компенсация букIунаро.

 

2020 соналда гьединаб компенса­циял щвезе рес букIуна кассаялда гIарац лъун букIарал РФялъул граж­даназул, гьединго гьезул ирсилазул ва хвел-хобалъул ишал тIуразарурал ирсилазул. Гьел компенсациял кьо­ла федералияб бюджеталъул сурса­таздасан. 2010 соналда компенсация босарал чагIазе, 2020 соналда гьеб щоларо, ай №1092 хIукмуялда рекъ­он, кIиабилеб нухалъ компенсация букIунаро.

Компенсациялъул роцен:

  • 1945 соналде щвелалде гьарурал вкладчиказе щола 1991 соналъул 20 июналда кассаялда хутIараб гIарцул лъабго нухалъ цIикIкIараб роцен (трехкратно).
  • 1945-1991 соназда гьарурал вкладчиказе-кIиго нухалъ цIикIкIараб роцен. Компенсациялъул роцен- къадар бараб букIуна кассаялда гIарац цIунараб заманалда.

 

Компенсация щвеялъе бихьиза­буни гIола паспорт ва сберкнижка. Гьезул кьучIалда хъвала гIарза. Хал гьабизе нижеца гIарза битIула Во­ронежалда бугеб бетIераб банкалде. Гьеб тадбиралда заман уна, гьениса щвараб баяналда рекъон, конпенса­циялъул гIарац босизе бегьула ре­спубликаялъул бокьараб Сбербан­калдаса.

 

 

Хадусел суалазе жаваб кьуна адвокат ШехмухIамадГъазимухIамадовас.

«Рохун рукIана 2020 соналъул апрель моцIалда со­циалияб пенсия цIикIкIине бугин рагIун. ГьабичIо. Исана социалияб пенсиялъул индексация гьабизе бу­гищ?»

 

— 2020 соналъул 13 марталда къа­бул гьабураб РФялъул хIукуматалъул № 270 хIукмуялда рекъон, 2020 со­налъул тIоцебесеб апрелалдасан байбихьун социалияб пенсиялъул индексациялъул роцен 1,061 бахи­набуна. Гьединаб къагIидаялда 2020 соналъул тIоцебесеб апрелалдаса на­хъе цIикIкIинабуна социалияб пен­сиялъул къадар.

 

РФялъул ЗахIматалъул министерствоялъул хIисабазда рекъон, пенсионерасе гIумру гьабиялъе хIажалъулеб бищунго гIодобегIанасеб гIарцул къадар цIикIкIана 6,1 про­центалъ, 2020 соналъул тIоцебесеб апрелалдаса нахъе социалиял пен­сиялги гьел процентаз цIикIкIана.

 

 

«Лъил ихтир бугеб цого зама­налда кIиго пенсия босизе?»

— №166 Федералияб законалъул лъабабилеб статьяялда рекъон, цого заманалда кIиго пенсия босизе ихти­яр букIуна:

  1. Рагъда лъукъиялдалъун инва­лидлъи чIезабурал гражданазе кьо­ла инвалидлъиялъулги херлъиялъул страховияб пенсия.
  2. КIудияб ВатIаналъул рагъул гIахьалчагIазе-инвалидлъиялъул ва херлъиялъул страховияб пенсия.
  3. №166-леб Федералияб законал­да рекъон, хьихьулев чи (кормилец) хвеялда бан кьолеб пенсия гуребги, рагъул хъулухъ тIубалаго хварал солдатал-призывниказул улбузе кьо­ла инвалидлъиялъул яги херлъиялъ­ул страховияб пенсияги.
  4. Рагъул хъулухъ тIубалаго лъукъиялдалъун хварал рагъул хъулухъчагIазул цIияб ригьнаде лъугьинчIел къоролзабазе кьола хьи­хьулев чи хвеялда бан кьолебги, хер­лъиялъул кьолеб страховияб пенсия.
  5. Радиациялъулал ва техногениял балагьазул заралаздалъун хIалтIун бажаруларел хъизамазул чагIазе. Гьезие цого заманалда кьола хьихьу­лев чи хвеялда бан кьолеб пенсияги херлъиялъул страховияб яги социа­либ пенсияги.
  6. Хварал космонавтазул хъиза­мазул чагIазе кьола хьихьулев чи хвеялда бан кьолеб пенсия гуребги, гьезул ихтияр бугеб бокьараб цоги пенсияги босизе.
  7. «Жителю блокадного Ленингра­да» абулеб гIаламат щварал чагIазе рес буго инвалидлъиялъул ва хер­лъиялъул пенсиял щвезе.

 

 

 

 

Хунзахъ районалъул Мушули росулъа 72 сонилъ йигей ХIадисова Хадижатица гьарулеб буго: «25 со­налъ тарбиячIужулъун дун хIалтIана лъималазул яс­лиахалда, хадуй, «за выслугу лет» абураб пенсияги босун, гIодой чIана. Дир харж букIана 80120 гъурущ. Дие щола выслугаялъул 9500 гъурущ пенсия. Пен­сиялде ине заман щведал дица гьарана херлъиялъул пенсия бахъеян. Пенсиялде гьеб сверизабуни, дие щолеб гIарац дагь­лъулин абун, гьеб бахъичIо. Пенсияги «за выслугу летги» дие букIине бегьуларищ?

 

Дир буго рукъалде буссараб ун­къого лъимер. Гъоркьиса гьеди­нал улбузе пенсиялде тIаде гIарац бачIана. «За выслугу лет» бугезе биччаларин абун, гьебги дие щвечIо. Гьарула гьаб дир суалалъе битIараб жаваб кьеян».

 

— 17 декабралда къабул гьабураб ва 2012 соналъул лъабабилеб дека­бралда цIигьабураб N1173-ФЗ «О трудовых пенсиях в Российской Федерации» абулеб Федералияб законалъул 4-абилеб статьяял­да рекъон, ХIадисова Хадижатил гIадаб хIалтIуда рукIарал чагIазе цого заманалда кIиго пенсия кьо­ларо, амма гьезул ихтияр буго, цIикIкIараб къадаралда гIарац щолеб къагIидаялда, захIматалъул ва «за выслугу лет» пенсияздаса бокьараб тIаса бищизе.

 

№ 400 федералияб законалда рекъ­он, 2013 соналдаса байбихьун, сана­де рахъарал лъимал ругел пенсионе­разул пенсиялде тIаде гIарац жубазе бихьизабун буго. Гьеб кьола бечедал регионазул пенсионеразе. Амма, нилъер Дагъистан гIадаб, кидадай Москваялдаса гIарац бачIинаян бу­геб мискинаб регионалъул пенсионе­разе гьеб щоларо.