Бегана нилъер тарихалъул цоги тIамач. Нуха регIана 2020 сон. 100 сон тIубана Дагъистаналъе автономия лъазабуралдаса. Росабалъ рана цIиял школал ва лъималазул ахал. Республикаялда гIемерго дагьлъана рахьдал мацIалги хIажалъуларин, нилъер адабиятгун маданиятги къваригIун гьечIин ахIдолезул гьаркьал. Лъалаго цIикIкIана Дагъистаналде рачIунел гьалбадерил, туристазул къадарги. Дагъистан ккана Россиялдаго туризм хехго цебетIолеб республикалъун. Хисана республикаялъул нухмалъулел. Дагъистаналъул...
