Новость на родном

Хушет: машинабазул бакIалда-хIамул

    Редакциялде гьоболлъухъе вачIун вукIана ЦIумада районалъул Хушет росулъа ХIапиз Абулмуслимов. Бигьалъиялда хадур гIатIиракьалде гIадамалги гочун, чIунтулел росабазул цояб батилин ккун букIана Хушетги. Амма яшав гьабизе шартIал кутакалда захIматал ругониги, росуцоязда ракIалдацин гьечIин росу рехун тезеян бицана ХIапизица.       — Райцентралдаса 99 километралъ рикIкIада буго Хушет. Нижедаса хадур руго гIицIго гуржиязул росаби....

Новость на родном

Апараглъиялда араб гIумру

ЧIохъа Манижалазул Мусаясул Халилбег ватIан тун къватIиве арал­даса исана нусго сон тIубала.   Тахо—Годил цIаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъ гьал къоязда рагьана художникасул квералъ рахъарал ва фотоаппараталъ гьесул жиндирго рахъарал суратазул выставка. Халатккун гьенир цIунизелъун музеялде гьел кьуна Халилбегил ирсалъул тIалаб гьабулеб фондалъул директор Хадижат Мусаевалъ.     Художникасул вацасул васал ГIумаргун МухIамад сабаблъун респу­бликаялъул...

Новость на родном

Апараглъиялда араб гIумру

ЧIохъа Манижалазул Мусаясул Халилбег ватIан тун къватIиве арал­даса исана нусго сон тIубала.   Тахо—Годил цIаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъ гьал къоязда рагьана художникасул квералъ рахъарал ва фотоаппараталъ гьесул жиндирго рахъарал суратазул выставка. Халатккун гьенир цIунизелъун музеялде гьел кьуна Халилбегил ирсалъул тIалаб гьабулеб фондалъул директор Хадижат Мусаевалъ.     Художникасул вацасул васал ГIумаргун МухIамад сабаблъун респу­бликаялъул...

Новость на родном

НекIсияб Египеталда загьирлъараб, гьанже кибго хIажалъараб

Нилъер гIумруялда гьечIого гIоларел махщелал цIакъ гIемер руго. Гьединазул цояб ккола геодезистасул хIалтIиги.   ЧIарада районалъул Кьорош росулъа ХIажимурадов Мусаги ккола инженер-геодезист. Гьес лъугIизабуна Ленинградалъул Горный инсти­тут, цIалана халкъалда гьоркьосеб махщелчагIи хIадурулеб централ­да Германиялда. Гьев ккола ДРялъул мустахIикъав бакIал ралев чи, «МНТК-Альянс» ОООялъул генералияв директор.   — Муса, щиб гIелму кколеб гео­дезия, кинаб хъулухъ геодезистаз...

Новость на родном

ТалихIалъул гъасда бакараб цIадухъ

Бокьула дие гIумруялъул гIидраялда рокьул накъишал угьарал, къисматалъе анкькьераб нуралъул кьерал сайгъат гьабураб, риидал мугIрузул авлахъазда рижарал тIугьдузул релъабаз цо-цо бутIаби релъарал цIалдохъабазул хIакъалъулъ хъвазе. Буго дир дирго гIумруялъул хасаб тIехьги. Гьелдаги буго цо чанго бутIа, цIалдохъабазул гIисинал квераз жидерго къисматалде каву рагьарал. Гьале цIидасанги дида цебе гьеб хIикматаб тIехь. ЦIидасанги тIад юссуней йиго гIагараб...

Новость на родном

Санкьадерил пашманаб юбилей

Хасавюрт районалъул Первомайское росулъ рагъулал тунка-гIусиял ккаралдаса тIубана 25 сон   Санкьадерил росдал гIадамал ЦIумада районалда гурелги гIатIиракьаздаги руго гIумру гьабун. Чачаналдаса тIад руссун хадуб, гIатIиракьалда гIуцIана гьез росу ва гьелда цIарги лъуна, Ведено районал­да букIарабго гIадаб, Первомайское абун. Жидерго магIишат-яшавалда рукIарал гьезул 1996 соналъул 10 январалда тIубанго гIумру хисанин абизе бегьула.   1996 соналъул...

Новость на родном

Гъизляралъул кьогIаб дандерижи

9 январалда 25 сон тIубана Гъизляр шагьаралъул больницаялда пашманаб лъугьа-бахъин ккаралдаса   1996 соналъул 9 январалда радал анлъгоялде бащдаб хIалтIараб гIужалъ, жеги кьижун бугеб шагьаралде жанибе лъугьана Салман Радуевасги Хункер Исрапиловасги бетIерлъи гьабулеб хъачагъазул къокъа. БачIинахъего гIадин гьез кверде босана шагьаралъул боль­ницаялъул лъимал гьарулеб рукъалъул отделение. Цогидаб къокъа­ялъ вахIшиял ишал гьарулел рукIана Черемушки микрорайоналда. Доб...

Новость на родном

ЖамгIияталъул масъалаби журналистазулгун дандрана

12 январалда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликов данд чIвана республикаялъул журналисталгун.   Байбихьуда гьес гьезда баркана 13 январалда Россиялда кIодо гьабулеб печаталъул къо. Бицана жамгIияталъул гIумруялъулъ журналистазул хIалтIул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Хасго гьанже, пандемиялъул заманалда, якъинго бихьулеб бугин абуна гьеб (цIияб унтудаса хIинкъараб халкъ бихха-хочичIого букIиналъе, вирусалъул ва гьелда данде чIун тIалъиялъ гьабулеб хIалтIул...

Новость на родном

Байрамалда — байрам, хIалтIуда — хIалтIи

Инсанасул гIумруялъе коммуналиял шартIазул (газ, ток, хинаб ва цIорораб лъим ва гь. ц.) бугеб кIваралъул бицинего ккеларо. Гъварид­го жанире раккани, гьеб ккола кIудияб ва гIатIидаб суал. Гьеб суалал­да хурхун нижеца гара—чIвари гьабуна ДРялъул «Госжилинспекция» гIуцIиялъул отделалъул начальник МухIамад МахIмудовасулгун.     -МухIамад, Ралел бакIазул министерствоялъ ва нужер ин­спекциялъ тIуралел хъулухъазда гьоркьоб кIудияб батIалъи бу­гищ? —...

Новость на родном

ЦIулада кьабураб накъищалъулъ бахчараб гIасру

Унсоколоса МухIамадгIали МухIамадгIалиевасулгун дир лъай-хъвай ккана кIиго соналъ цебе Авар театралда, Рахьдал мацIазул къоялъул хIурматалда тIобитIулеб фестивалалда. Жинцаго хIадур гьарурал ансадерил машгьурал цIулал тIагIел-алаталги цере тIиритIун ватун вукIана гьев. Доб мехалъ, гьитIинабго кIалъайги ккун, лъугIун букIана нижер бухьенги.Исана гьев вачIана «ХIакъикъаталъул» редакциялде. Наслабаз наслабахъе кьун, ансадерил умумузул махщел кодобе босизесев чи хутIун гьечIин, кан бакун...