Эрмениялъул «рикьи» Россиялъул Федерациялъеги Дагъистаналъеги дарслъун хутIила Ахираб лъабго анкьалъ Эрмениялда букIана хIалуцараб хIал. Гьелъ рахIатхвезабуна Кремлялъулги.Лъиданиги лъаларев ва вузалда цIалунги вахъинчIев журналист Никол Пашинянихъа бажарана гIаламго къватIибе бахъинабун. Пашинян ккола Эрмениялъул парламенталъул «Выход» абураб фракциялъул цевехъанги. Николил нухмалъиялда гъоркь Эриваналъулги республикаялъул цогидал шагьаразулги къватIазда лъабабго анкьалъ унел рукIана нухмалъиялде дандечIарал митингал. Гьез тIалаб...
