РакIбацIцIадаб дармие гIоло ТIолгороссиялъул Халкъияб фронталъ (ОНФ) халгьабуна АЗСазухъ ОНФалъул Дагъистаналъул отделениялде рачIарал гIарзазда бицунеб букIана машинабазе бензин тIолелъул, автозаправкаялъул (АЗС) хIалтIухъабаз жидер ихтиярал хвезарулел ругин абун. Гьелда бан, «РакIбацIцIадаб дармие гIоло» абураб проекталда рекъон, ОНФалъ халгьабуна республикаялъул шагьараздагун районазда бугеб 50-ялдаса цIикIкIун заправкаялъухъ. Халгьабуна МахIачхъалаялда, Дербенталда, Хасавюрталда, Гъизилюрталда, гьединго, Хасавюрт, ЦIияб Лак, Казбек, Гъизилюрт,...
