Исана февралалдаса маялъул ахиралде щвезегIан «ХIакъикъаталъул» гьурмазда рахъана «Рагъул лъимал» абураб темаялда тIобитIараб конкурсалде рачIарал цIалдохъабазул хIалтIаби. Конкурсалда гIахьаллъана Болъихъ, Гъизилюрт, Хасавюрт ва Хунзахъ районаздасаги Ленинкент поселокалдасаги ичIго цIалдохъан. Гьез нижехъе рачIана КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда лъимерлъи арал жидерго гIагарчагIазул къисматалъул хIакъалъулъ бицунел макъалаби. РукIана рахъун авторасул ва макъалаялда бицунев чиясул сураталги. ...
