Новость на родном

Исанаги бергьенлъи магIарулалъ босана

18-20 марталда МахIачхъалаялда, №28 гимназиялда тIобитIана «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» абураб конкурс. Гьенив гIахьаллъана республикаялъул шагьаразул ва школазул рахьдал мацIазул 35 учитель. Гьезда гьоркьоса – авар мацIалъул анкьго учительги. Конкурс халатбахъана лъабго къоялъ. ТIоцебесеб ва кIиабилеб къояз кьуна учительзабаз дарсал. Дие рес ккана анкьайго учителалъул дарсиде ине. Гьел киналгоги мустахIикъал руго рецц-бакъалъе.   ТIоцебе...

Новость на родном

Учителасда нахъа эхетараб кьуру

2017 соналда Ленинкенталъул №35 гимназиялде щвана РФялъул лъай кьеялъул министр Ольга Васильева. Гьениб гьабулеб хIалтIулгун лъай-хъвай гьабун хадуб гьелъ гьадин абуна: «Дагъистаналда буго улкаялдаго хIалбихьи тIибитIизабизе мустахIикъаб школа – гьеб ккола Ленинкенталъул №35 гимназия», — ян абун.   ДРялъул ва РФялъул мустахIикъай учитель, ЛъагIалил директор, РФялъул учитель-методист, «Россиялъул бищун лъикIал гIадамал» абураб медалалъе мустахIикълъарай Чакар...

Новость на родном

БурутI

ЦIиял тIахьал   Дагьаб цебегIан къва­тIибе бачIана ПатIимат МухIамадовалъул лъи­малазе хъвараб «Ми­лъиршаби» абураб кучIдузул тIехь. Па­тIимат МухIамадова гьаю­на Хунзахъ райо­на­лъул Харахьи росулъ. Хъвадаризе гьелъ байбихьана гьитIинго. П. МухIамадовалъул кучI­дул рахъана «Рос­дал захIматчи», «ХIа­къи­къат» газетазда. Басмаялда рахъана «Щобил горо», «ТалихIалъул чIо­рал» абурал тIахьал. Гье­лъул поэзиялъ хасаб бакI ккола лъималазе хъварал кучIдуз.  ПатIимат ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союза­лъул...

Новость на родном

Щуго хъаз

(Байбихьи 5-абилеб  номералда)   — Хъаз бикьаралъухъ гьаб дие букIине ккола! – ян абунила гьес.  Ханасда гьесда абизе жо лъачIила. Рокъове унелъу­л гьесие къали цIун бугIа кьейилан лъазабунила.  Анила заман. Гьеб лъугьа-бахъин рагIа­нила мискинчиясул сихIирав ва бечедав мадугьаласда. Гьесдаги ракIалде кканила ханасдасан къиматаб сайгъат щвелародаян.  Хъунила гьес щуго кьарияб хъаз, режанила. Цинги гьел росун, ханасул...

Новость на родном

Лъай кьеялъул хIаракатчагIи

ЧIарада районалъул ЦIулда росдал аслияб лъай кьеялъул школа­лъул учительзабаз хIаракат бахъула цIалдохъабазе камилаб лъай кьезе.Гьединазул мухъилъ йиго Хадижат Бариеваги. 2004 соналда ДГПИялъул географиялъулгун туризмалъул факультетги лъугIизабун ячIарай гьелъ кIвар кьола цIалдохъабазул лъай камил гьабиялде, умумузулгун бухьен щулалъизабиялде. Щибаб соналда районалда тIоритIулел олимпиадабазда цересел бакIал ккола Хадижатил цIалдохъабаз.  2016 соналда гьей гIахьаллъана «ЛъагIалил учитель» абураб районалъул...

Новость на родном

Министралъги кьуна ЕГЭ

Исана тIоцебесеб нухалда тIобитIана «ЦIалдохъабазул эбел-инсуца историялъул ЕГЭ кьеялъул цогояб къо» абураб ТIолгороссиялъул акция. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумароваги.   ЕГЭ кьеялъул цогояб къоялъул аслияб мурад ккола хIакъикъияб экзамен тIобитIиялъул къагIидаялъулгун цIалдохъабазулгун гьезул умумузул, гьединго жамгIияталъул лъай-хъвай гьаби. — Акция тIобитIизе ракIалде ккана ва гIумруялде бахъинабуна Рособрнадзоралъ. Гьелъул аслияб мурад...

Новость на родном

Лаборанталдаса бетIерай гIелмияй хIалтIухъаналде щвезегIан

ТIоцебесеб нухалда Мисай Халидова йихьана дида ИЯЛИялъул аспирантураялда цIалулеб заманалда. ГIодое йиччарай, сабурай, хIеренаб каламалъул, гIелмияб цIех-рехалда хурхараб суалалъе мухIканаб жаваб кьезе бажарулей…   М. Халидова хIалтIудаса нахъе анилан бицаралдаса нахъе букIана гьей йихьизе гъира. Дагьалъ цее дун ана гьелъухъе гьоболлъухъ. ГIумруялъулгун гIелмуялъулги хъизамалъулгун рукъалъулги бицун, таманаб заман бана гьелъулгун накъиталда.Мисай Халидова гьаюна 1936 соналда...

Новость на родном

«Армиялъулаб чемодан»

5-21 февралалда Дагъистаналъул школазда тIобитIана «Армейский чемоданчик» абураб акция.Гьеб гIуцIун букIана ВатIан цIунулесул къоялъул хIурматалда. Гьелда гIахьаллъана 40 азаргоялдаса цIикIкIун цIалдохъан. Тадбиралъул гIуцIарухъабилъун ккола ДРялъул ГьитIинаб академияги Россиялъул цIалдохъабазул хIаракатчагIазул (РДШ) регионалияб отделениялъул Сурсатазул центрги.   РДШялъул жигарчагIаз школазда гIуцIана батIи-батIиял тадбирал, тематикиял выставкаби, ветераназулгун дандчIваял. Тадбиразул цояблъун букIана «Армейский чемоданчик» абураб акцияги. Гьениб цIалдохъабазда...

Новость на родном

Дагъистан – чIел босаразда гьоркьоб

Улкаялда исана ичIабилеб нухалда тIобитIулеб буго «ЧIагояб классика» абураб пасихIго кечI ри­кIкIиналъул къец.Бищунго жигараб гIахьаллъи гьабурал регионазул сияхIалда буго Дагъистанги. Ахирал соназда рехсараб къецалъул финал тIобитIула Москваялъул БагIараб майданалда. Марталъул ахиралда гьабизе буго къецалъул хIасилги.    Жюриялда цадахъго, къецалъул хIасил гьабиялъулъ гIахьаллъизе руго Москваялъул Борис Щукинил цIаралда бугеб Театралияб институталъул педагогалги. Экспертаз бищунго пагьмуялин цIар...

Новость на родном

Миллаталъул бечелъи ясбер гIадин цIунила

Инсанас гIумру гьабула гIицIго жамгIияталда, гIаламалда гьоркьоб. Гьединлъидал инсан кидаго вукIуна цогидал гIадамазулгун гьоркьоблъиялда. Жидерго пикраби, анищал, рекIел асарал цоцазе баян гьаризе, гIадамаз кидаго хIалтIизабулеб алатлъун ккола мацI.   МацI щулаго бухьараб буго жамгIияталдаги гIадамазул гIакълуялдаги. МацIалъ кумек гьабула жамгIият, гIелму, техника ва маданият церетIезариялъе. ГIадамазда гьоркьосеб бухьен бихьизабулеб алат хIисабалда мацI щулаго бухьараб букIуна...