1959, 1962, 1980 ва 2011 соназул букварал данде ккураб мехалда бихьулеб буго ахирал соназда тIоцебесеб классалъул цIалул программаялдаса берцинхъвай, ай каллиграфия нахъе бахъун бугеблъи. Щай гьедин гьабураб ва кинаб кIвар букIараб каллиграфиялъул абураб суалалъе жаваб балагьулаго, гьадинал баянал щвана. Араб гIасруялъул 80-абилел соназда рукIа-рахъиналъе хIажатаб ва профессионалияб электроникаялъул къайи хIадурулел чIахIиял компаниязул цоялъ...

