Школалда учительлъун хIалтIун гIемер гIарац щоларо, гьединлъидал батила гьеб махщел машгьураблъунги рикIкIунареб. Гьедин букIаго, захIматаб суал буго нужерго цебетIеялда тIадчIаян абун учительзабазухъа тIалаб гьаби. ЦебетIеялде гъирабазабулеб далиллъун букIине бегьула хIалтIудехун бугеб учителасул хасаб бербалагьи, репетиторлъун хIалтIунниги, щолеб гIарац цIикIкIиналде хьул щулалъи. Махщел чIобого камил гьабизе ресги буго. Гьелъул хIакъалъулъ нижее бицана Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институталъул ректорасул хъулухъ тIубалев ХIамзат Жамалудиновас.
ХIамзат Жамалудинов гьавуна 1960 соналъул 15 июналда Гумбет районалъул Аргъвани росулъ. 1983 соналда лъугIизабуна Ломоносовасул цIаралда бугеб Москваялъул пачалихъияб университеталъул философияб факультет. Гьев вуго философиял гIелмабазул кандидат, социологиял гIелмабазул доктор. Гьесие щварал шапакъатазда гьоркьор руго: ДРялъул лъай кьеялъул мустахIикъав хIалтIухъан, ДРялъул ХIурматалъул грамота, «Элита образования» абураб халкъазда гьоркьосеб каранда балеб гIаламат.
1983—2013 соназда хIалтIана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталда, 2004—2013 соназда вукIана проректорлъун. 2017 соналъул апрелалдаса августалде щвезегIан хIалтIана ДРялъул лъай кьеялъул министрасул кумекчилъунги ГIалибег Тахо—Годил цIаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гIелмиял цIех—рехазул институталъул директорлъун. Гьебго соналъул октябралдаса нахъе хIалтIулев вуго ДИРОялъул ректорлъун.
-Кинал масъалаби тIуразарулел жакъа ДИРОялъ?
— Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институт буго республикаялда цохIо бугеб ва чIобого лъай камил гьабизе педагогазе рес кьолеб бюджетияб идара. РакIчIун абила: рищватчилъи нижер гьаниб гьечIо. Гьелъие нугIзалги руго – институталъул курсазда цIаларал лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулел, учительзаби, лъималазул ахазул тарбиячагIи.
Лъай камил гьабизе рачIарал педагогазухъа низам цIуни тIалаб гьабула нижеца. КIигоялдаса цIикIкIун къоялъ дарсазде вачIинчIев педагогасул цIар хъвагIала сияхIалдаса. ЧанцIулго гьабизе ккана гьедин: лъагIалида жаниб азаргоялдаса цIикIкIун чи нахъе витIиялъул хIужаги ккола мех-мехалда. Курсаздейин абуни, лъагIалида жанив вачIуна 10 азаргониги педагог.
-Курсазде хьвадунгутIиялъе гIилла щиб?
— Аслияб гIилла ккола МахIачхъалаялда рукIине санагIат гьечIолъи. Учительзаби рачIуна районаздаса, институталъул гьечIо общежитие. Бегьулаан гьеб базе ДИРОялъул азбаралда, амма гьеб суал дир кверщаликье кколаро.
ХIакъикъаталдаги махщел камил гьабизе гъира бугев учителасе кумек гьабизе ккола нижеца. Гьединлъидал нижеца дарсал гIуцIула заочнияб къагIидаялдаги. ДИРОялда цебечIараб аслияб масъала бугелъулха учителасе бищун лъикIавлъун вукIине кумек гьаби.
-Кин гьеб гьабун бажарулеб?
— Лъай камил гьабиялъул курсазул программаби малъула календарияб планалда рекъон, пачалихъалъ чIезабурал къагIидабиги кьочIое росун – очно ва заочно. Исана марталъул ахиралдаса курсал гIуцIун рукIана дистанциялъул къагIидаялда. Гьелъул мурадалда хIалтIизабуна институталъул сайт. Дарсал кьолел рукIана онлайналда ва жалго жидедаго чIун (теория лъазабизе). Хадуб гьабуна гьоркьосебгун хIасилияб аттестацияги – гьеб гIуцIана тестаздалъун.
ДИРОялъул аслияб хIалтIи буго цIалулгун методикияб хIаракат. Методикияб рахъалъул бицани, гьеб буго цIалулгун методикиял документал хIадуриялъул рахъалъ лъай кьеялъул идарабазе кумек гьаби, ДИРОялъул преподавательзабазул махщелгун гьунар камил гьаби, цIали гIуцIиялъулгун курсазде рачIунел учительзабазулгун гьабулеб хIалтIул къагIидаби лъикIлъизари. Методикияб хIалтIул аслияб мурад ккола цIалул качество камиллъизабиялъе санагIатал шартIал гIуцIи.
ДИРОялъул хIаракаталда аслияб бакI ккола, гьанжезаманалъул лъай кьеялъулъ регионалияб лъай кьеялъ мустахIикъаб бакI кквеялъул мурадалда, школаздагун лъималазул ахазда инновациялъул къагIидаби хIалтIизаризе кумек гьабиялъги. Гьелъие хIажатал педагогалги лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулелги хIадуриги нижеда тIадаб иш ккола. Институталъул кафедрабазулги цогидал гIуцIабазулги хIалтIи буссинабун буго пачалихъияб стратегиялде рекъонкколел проектал, программаби, батIи-батIияб даражаялъул моделал хIадуриялде ва гьел гIумруялде рахъинариялде.
-Кинал тIалабал ругел педагогасде гьанже заманалда?
— Квалификация камил гьабизе ккола чара гьечIого, амма гьеб щивасда гуро бичIчIулеб бугеб. Педагогасул букIине ккола ункъо компетенция. Предметияб — гьесда лъазе ккола жинца кьолеб дарсил хIасил; методикияб — лъазе ккола, кин дарс кьелебали; психологиябгун педагогияб — щивав цIалдохъанасул хаслъи хIисабалде босизе лъазе ккола; коммуникативияб — коллективалда гьоркьов вукIа-вахъине лъазе ккола. Нижер «цIалдохъабазда» гьоркьор бищунго машгьураллъун лъугьун руго психологиялъул курсал.
Нижеца хIадурун буго лъай камил гьабиялъул курсазул нусгониги программа. Гьелъул мурад буго щивасе рекъонкколеб программа батизе рес кьей, гIаммал курсазул рукIарал гIунгутIаби тIагIинари. Кинаб курс щивасе дандекколебали халгьабула хасаб анкетаялъул кьучIалда. Гьеб цIезабизе кьола нижехъе цIализе рачIарал педагогазухъе.
-10 азаргониги чиясе дарсал кьей бигьаяб иш гуро. Лъица гьел кьолел?
— ГIицIго ДИРОялъул преподавателал хIалтIун тIубаларо. Нижеца ахIула ДГПУялъулги, ДГУялъулги преподавателалги, республикаялъул бищун лъикIал учительзабиги, Краснодаралъул, Москваялъул, Тамбовалъул, Доналда бугеб Ростовалъул, учительзабазул лъай камил гьабиялъул институтазул хIалтIухъабиги, «Просвещение», «Российский учебник», «Русское слово» абурал басмаханабазул методисталги ва гь.ц.
Гьелде тIадеги, «БукIинеселъул учитель» абураб федералияб проекталда рекъон ва ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь ДИРОялъул кьучIалда гIуцIулеб буго кIиго центр: Педагогиял хIалтIухъабазул гьоркьоса къотIичIого махщеллъи камил гьабиялъулги Педагогазул профессионалияб махщелалъегун квалификациялъе къимат кьеялъулги. КIиабилеб централда букIине буго учительзабазул лъай камил гьабиялъул ишги. Хьул буго гьелдаса учительзабазе пайда цIикIкIиналде.
Чара гьечIого кумек гьабизе ккола учительзабазе, пачалихъалъги квербакъизе ккола гьезие моралиябгун материалияб рахъалъги. Лъай камил гьабиялъул мурадалда цIализе вачIарав учителасе гIуцIизе ккола киналго ресалги шартIалги. Цоцазул дарсазде хьвади гуребги, батIияб регионалъул ишцоясул мисалалда рекъон, музеяздегун миллиял театразде инеги гьезие санагIат гьабизе хIаракат гьабула дица. Республикаялъул культураялъул министралъухъе кагъатцин битIун букIана дица гьелъул хIакъалъулъ, хьул буго къотIи гьабиялде.
-ДИРОялъ рес кьолищ учителасе, цIидасанги цIалун, цIияб дарс кьезе ихтияр щвезе?
— Гьайгьай, руго нижер гьединал курсалги. Официалиял баяназда рекъон, республикаялда гьабсагIаталда гIолев гьечIо 600 учитель. Хасго хIажат руго ингилис мацIалъул учительзаби. ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул сайталда руго кинаб муниципалитеталда кинал учительзаби хIажат ругелали бицунел баянал.
БатIияб махщелалъе цIидасан цIализе ккей — гьеб буго Дагъистаналъул педагогияб лъай кьеялъул масъалабазул аслияблъун. Гьединлъидал, лъикI букIинаан ДИРОялъулги, педагогал хIадурулел вузазулгун колледжазулги цадахъаб хIаракат гьелде буссинабуни. ДГПУялъулгун гьединаб хIалтIи гIуцIун буго: нижеца цадахъ гIумруялде бахъинабулеб буго «Дагьал комплектазул школа» абураб проект.
-Лъица халгьабулеб ДИРОялъул хIалтIул?
— Нижер учредитель ккола Дагъистаналъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерство. Институталъул хIалтIи камил гьабиялъул ва малъа-хъваял гьариялъул рахъалъ кIудияб кумек буго министр Уммупазил ГIумаровалъул. Гьелъул бихьизабиялда рекъон, тIоритIула гIемерал тадбирал. Масала, Дагъистаналъул лъай кьеялда инновациял гIумруялде рахъинариялъул рахъалъ батIи-батIиял идарабазул бухьенал гIуцIи.
ХIалтIул пайдаяб хIасилалъе нугIлъи гьабула ЕГЭ хашго кьурал цIалдохъабазул школазулгун гIуцIарал тадбираз. Щибаб соналда гьарула нижеца ЕГЭялъул хIасилал. Муниципалитеталъул щивав ункъабилев цIалдохъанасухъа бищун дагьал баллазде ЕГЭ кьун бажарун гьечIони, гьеб муниципалитет «багIараб зоналъун» лъазабула. АхIула нижехъего муниципалитеталъул нухмалъулев ва гьесулгун дандги бан, хIадурула лъагIалида жанир гьенир тIоритIизе ругел тадбиразул программа. Анкьидасан гьенире ритIула нижер хIалтIухъаби ва гьез лъай кьеялъул управлениялда цадахъ, гIуцIула учительзабазул мониторинг, ай учительзабаз хъвазе ккола ЕГЭялда релълъараб тIадкъаялъе жавабал. Хадубккун гьабула щибаб дарсил хIасил: учителас кинал гъалатIал риччан ругелали.