Жиндирго мугIалималъе, Бике ГъазимухIамаевалъе, Руслан Салимгереевас сайгъат гьабураб кочIолъ руго гьадинал мухъал:
Мукъадасаб буго, Бикеша,
дур цIар,
ТIокIцIар батилилан
ккун букIаниги.
Гьелъулъ цо хIикматаб
хIеренлъи буго,
КъвакIи-кьвариялъул кьер
бугониги.
– КIикъогоялдасаги цIикIкIун соналъ цебе лъугIизабуна Русланица нижер школа, — ян бицана физикаялъул ва математикаялъул мугIалим Бике Измутовна ГъазимухIамаевалъ жиндирго цIалдохъанасул хIа- къалъулъ.
ХIакъикъаталдаги гьелъ тарбия- лъай кьуралдаса гIемерал сонал аниги, гьелъие баркала кьурал кагътал рачIуна улкаялъул батIи-батIиял бакIаздаса. Масала, Валера Янибеговас школалда цIалулеб мехалдаго ургъун букIана жиндирго класса- лъул нухмалъулелда цIалул сон байбихьулеб къо лъилниги пикру хадуб гIунтIулареб къагIидаялъ баркизе. ЦIулакьодул гъотIол тIанхида хъван рукIана баркиялъул рагIаби. КIикъоялда щуго соналъ цIунун буго Бике Измутовнаялъ гьеб тIамах.
Гьадин бицана жиндирго гIум- руялъулги хIаракатчилъиялъулги хIакъалъулъ Бике Измутовнаялъ:
– Дун гьаюна 1936 соналъул 1 январалда Индиралдаса гочараб хъизамалда. Дир кьолбол кIудиял рукIун руго некIсияб ЧIикIаб росу гIуцIаразда гьоркьор. Дир кIудияв эмен ЧIикIаса ГъазимухIама гIемерал соназ Индиралда мажгиталъул имамлъун вукIун вуго. Гьесул лъади Аминат, кIиго лъимерги нахъе тун, гIолохъанго хун йиго. Индиралъул жамагIаталъ гьесда гьарун буго, мун гIадинав лъикIав имамги нижер мажгиталъе щвезе гьечIин, цоги лъадиги ячун, гьанив чIайилан. Гьез малъухъе, гьес гьений лъади ячун йиго. Гьей дир кIодода цIар букIана Анав. Эмен Измудин, жиндирго щуябго лъимергун, 1929 соналъ Хасавюрталде гочана. Гьений гьаюна дун. Педагогасул захIматаб хIалтIуде дир рекIелъ рокьи бижана кIудияв вац Насрудинидаса мисал босун. Гьес МахIачхъалаялда рабфак лъугIизабуна ва шагьаралъул № 4 гьоркьохъеб школалда тарихалъул мугIалимлъун хIалтIана. Гьеб школалда цIалана дунги 7 класс лъугIизегIан. Гьелдаса хадуй цIализе лъугьун йикIана Ведено школалде, вацас кьуна дун гьение магIарул ясазул интернаталде. Гьев вукIана къвакIараб гIамал-хасияталъул чи. 1938 соналъ ана БагIараб Армиялда хъулухъ гьабизе. Рагъ лъугIизегIан вагъана ВатIаналъул эркенлъи цIунун. Политрук вукIана гьев. ГIемерал соназ хIалтIана школалъул директорлъун, районалъул лъай кьеялъул отделалъул заведующийлъун. Гьесул мисал босун, 1955 соналда гьоркьохъеб лъай щведал, дун цIализе лъугьана Дагъистаналъул руччабазул педагогияб институталъул физикаялъул ва математикаялъул факультеталде. Гьале кIикъоялда анцIила щугоялдасаги цIикIкIун соналъ хиси гьечIого хIалтIулей йиго цин тIоцебесеб школалда, цинги — гIемеррахъазулаб лицеялда. ЦIалун яхъиндал дица мугIалимлъи гьабуна дирго эбел-инсул гIагараб росулъ Индиралдаги.
Гьедин халатбахъараб гара- чIвариялдаса хадуб Бике Измутовнаялъ дида цере столалда тIад тIиритIана жиндирго рукIарал цIалдохъабаз батIи-батIиял соназ ва батIи-батIиял бакIаздаса рачIарал баркиялъулал кагътал, телеграммаби, жиндир хIакъалъулъ газетазда рахъарал макъалаби.
Шагьаралъул «Гьудуллъи» газеталъул 1968 соналъул 16 маялда къватIибе биччараб номералда бугеб «Нижер гьудул ва насихIатчIужу» абураб макъалаялда 8 «а» классалъул цIалдохъаби Д. АхIмаджановалъ ва Т. Мичулаялъ хъвалеб буго: «Бике Измутовна ГъазимухIамаева йиго нижер классалъул нухмалъулей. Рогьаралдаса рукIкIинегIан гьей школалда йикIуна, дарсаздаса хадурги нижее тIадеги занятиял гьарула, классалъулал сагIтал тIоритIула, яги цо цIалдохъанасулгун тарбия кьеялъулаб гара-чIвари гьабула. Цо сундениги машгъуллъичIеб лахIзат гьелъул букIунаро. Ина сонал, нижецаги гали лъела гIумруялъул нухде. Амма гьаб школалда цIаларал сонал киданиги кIочене гьечIо. Щиб лъалеб, ниж гьанир чанго соналдасан нахъеги данде- лъизе бегьула. Гьеб мехалъ аваданго ина нижер халатаб жанахIалъусан, бигьагьабун рагьила нижее хирияб кабинеталъул нуцIа. Гьений доскаялда цее яхъун чIун нижеда йихьила Бике Измутовна, цогидал лъималазда математикаялъул къанунал ричIчIизарулей».
– Дина АхIмаджанова гьанже нижер шагьаралъул больницаялда невропатологлъун хIалтIулей йиго, — ян бицана Бикеца, гьеб макъала цIалун хадуб.
Гьелъ бихьизабуна РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, КПРФялъул фракциялъул нухмалъулесул тIоцевесев заместитель Сергей Решульскияс Москваялдаса битIун бачIараб телеграмма: «Кидаго рекIелъ хинлъигун ва баркалагун ракIалде щола дида дирго цIалул сонал. Дурго рекIел хинлъигун, лъикIлъигун ва кIвар кьун, Дуца хIаракат бахъана нижер щивасулъ лъугьинабизе лъикIлъиялъул ва жавабчилъиялъул, жиндирго ишалъе, жиндирго халкъалъе ва улкаялъе ритIухълъиялъул асар. Гьелъухъ нижер щивасул рахъалдасан баркала буго Дуе тIолабго гIумруялъ. РакI-ракIалъ гьарула Дуе щулияб сахлъи, халатаб гIумру, талихI ва лъикIабщинаб дур гIагарлъиялъе».
«РакI-ракIалъ баркула лъабкъоялда анцIго сон тIубаялъул юбилей машгьурай, хIаракатай педагог, божарай гьудул ва тIалаб бугей эбел Бике Измутовнаялда», — ян хъвалеб буго РФялъул мустахIикъай мугIалим, Экологиялъул академиялъул академик, Москваялъул хIукуматалъул премиялъул лауреат Инна Дмитриевна Евграфовалъ. «КIудияб хIарпалдасан хъвазе мустахIикъай МугIалим», — абун къимат кьолеб буго гьелъие жидерго телеграммабазда Москваялдаса ХIусен Мухтаровас ва Краснодар краялъул Гулькевичи шагьаралдаса Катя Бурьяновалъ.
Цо открыткаги дихъе бегьун, Бике Измутовнаялъ абуна:
– Гьаб буго дие хирияй цIалдохъан Анисатица, гьелъул эбелалъ ва яцалъ баркун бачIараб. Гьелъ дун йохизаюна, лъилниги кумек гьечIого, гъоркьиса гьей Москваялъул медицинаялъулаб академиялде цIализе лъугьиналъ, — ян кIалъана Бике.
Гьаб макъала ахиралде щвезабизе бокьун буго лицеялъул директор, ДРялъул мустахIикъай мугIалим, РФялъул лъай кьеялъул отличник Татьяна Голощаповалъул рагIабаздалъун: «Бике Измутовна йиго Хасавюрт шагьаралъул гуребги, тIолабго республикаялъулго мугIалимзабазда гьоркьой машгьурлъиялъул ва къадруялъул къуватаб кунчIилъун».