Новость на родном

Гьудуллъиялъул кьо

Учителасул къоги Къарахъа гьалбалги Ругъелда ва Гьочоб росабазул школаз гьудуллъиялъулал бухьенал тIезе толаро Гьеб кIиябго росу ккола цо мегIералъ батIа гьарурал, мадугьалихъ ругел росаби. ЦIул къанагIатаб бакI букIиналъ, цIул-кан Къарахъе баччулаан Къелеса. ГIи-боцIиялъ бечедал рукIиналъ, Къелебе хIажалъулаан квас-гьан. Амма, гьоркьоб заман индал, цоцахъе щвей дагьлъана. Гьелде кIварбуссинабуна Гьочоб росдал школалъул завуч ПатIимат Сурхаевалъ. Гьелъ Ругъелде...

Новость на родном

ФГОСал

Цо-цо дарсал кьечIониги бегьилаан Школалъул программа тIубанго хисизабуна, федералиял пачалихъиял стандартилан цIарги чIван, къабул гьабураб документалъ ЦIалдохъабаз гъираялда нахъе рехилаан цо-цо дарсал расписаниялдаса. Учительзабазги гьел хисилаан цогидал дарсаздалъун. ЦIалдохъабазул эбел-инсуеги бокьилаан рокъобе кьолеб тIадкъаялъул къадар дагьлъизабизе. Нижеца, Инстаграмалъул кумекалдалъун, цIех-рех тIобитIана «Кинал дарсал школалда малъичIого тезе бегьулел?» абураб суалалда тIасан. Дун школалда цIалулеб заманалда, нижеда, ай ясазда малъулаан...

Новость на родном

Учитель, дур цIаралда цебе…

Байрамкъоялде рижарал пикраби   Валлагь, гьал учительзаби рукIун ругел хIалихьатал чагIиха! Пикру гьабеха, ришватчилъи нилъер улкаялда байбихьана учительзабаз. БожичIони, балагье официалияб статистикаялъухъ! РФялъул Верховный Судалъул председатель Вячеслав Лебедевас 2012 соналда гьабураб судазул делабазул хIасилалда рекъон, «Россиялъул ришватчагIазда гьоркьоб тIоцебесеб бакIалда руго тохтурзаби (гьелда бан судалде гъоркье ккаразда гьоркьоб тохтурзабаз ккола 22 процент) ва кIиабилеб бакIалда...

Новость на родном

«Маялъул» указ

Учителасул харж Парламенталъул данделъиялда бицине буго цIалдохъабазул сахлъиялъулги учительзабазул гIарцулги хIакъалъулъ ЦIияб цIалул соналде хIадурлъиялда бан, улкаялъул хIукуматалъ тIобитIараб данделъиялда РФялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Ольга Васильевалъ бицана лъайкьеялъул идарабазул хIалтIухъабазул харжазул хIакъалъулъ. Министралъул баяназда рекъон, 2018 соналда 11,6 проценталъ цIикIкIана школалда цебесеб лъайкьеялъул идарабазул педагогазул харжал: 2017 соналда гьезул гьоркьохъеб харж букIана 29,3 азарго...

Новость на родном

Учительзабазул августалъулаб совещание

Санайил тIобитIулеб иргадулаб данделъиялда МахIачхъалаялда Гьудуллъиялъул рокъор гIахьаллъана республикаялъул киналго шагьаразулги районазулги учительзаби   Гьудуллъиялъул рукъалъул жанахIалъуб рагьун букIана Каспийскшагьаралъул С. Орджоникидзел цIаралда бугеб инженернияб колледжалъул ва Дербент шагьаралъул халкъиял промыслабазул колледжа-лъул студентаз гьарурал тIагIелазул выставка. Гьединго выставкаялда рукIана «100 школа» абураб проекталъул ва бесдал лъималазде кьолеб бугеб кIваралъул хIакъалъулъ бицунел стендалги. Данделъи рагьана Дагъистан...

Новость на родном

ГIолилал, нух битIаги нужее!

Хириял выпускникал! Жакъа буго нужер хасаб къо. Ахираб цIурмил гьаркьи­ца нуж нухаре­гIулел руго ра­цIцIадал анищазухъеги ро­­цIарал пикрабазухъеги. Нуже­ца къо-мех лъикI гьабу­леб буго би­щун лъикIаб, гIан­чIаб ва кепаб, кIочене захI­матаб школа­лъул гIумруя­лъулгун. Къо-мех лъик­I гьабулеб буго лъаялъул каваби нужее рагьарал, захI­маталде ва къохIехьеялде нуж ругьун гьарурал, нужер ра­кIбацIцIадал гIадамал гIезаризе хIаракат бахъарал учительзабазулгун.Ина сонал, школалъ нужее...

Новость на родном

ЕГЭ — 2018

Бербалагьи хисун буго   Экзаменал кьолелъул гIадлу хвезабуразе гьабизе буго кьварараб тамихI 23 маялда Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас ва лъайкьеялдаги гIелмуялдаги хадуб халкколеб федералияб хъулухъалъул нухмалъулесул замес­титель Анзор Мусаевас тIобитIараб данделъиялда бицана ГИАялде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.Республикаялда ЕГЭ кьеялда хадуб халкколеб буго Рособрнадзоралъул, РФялъул УФСБялъул, прокуратураялъул, МВДялъул хIалтIухъабаз, Халкъияб Собраниялъул депутатаз. Жакъа нилъеда бихьулеб буго...

Новость на родном

Шагьаралъул школазда — рахьдал мацIал

Анищазул ва кочIол куркьбазда Дагъистаналъул мацIазул фестивалалда 25 апрель. МахIачхъалаялъул № 58 школалде (Семендер поселок) гIагарлъулаго, рагIулеб букIана магIарул зурмил гьаракьги къолол накуги. Гьелдаго цадахъ — пандрида рачунел бакъналги Дагъистаналъул цогидал мацIазда ахIулел кучIдулги. Гьениб тIобитIулеб букIана Дагъистаналда 27 апрелалдаса 6 маялде щвезегIан букIине бугеб спорталъул кIудияб байрам — эркенаб гугариялъул ра­хъалъ Европаялъул чемпионаталъе сайгъат...

Новость на родном

Малъараб гурони лъазе гьечIо

Малъараб гурони лъазе гьечIо   Бице дурго кIудадал — рагъул гIахьалчиясул хIакъалъулъ 2016 соналъул 16 сентябралда къватIибе биччараб (№37) «ХIакъикъаталъул» 15 гьумералда букIана «Щивго кIочене теларо, щибго кIочене биччаларо» абулеб цIаралда гъоркь бахъараб дир макъала. Гьеб букIана газеталъул редакциялъ школазул цIалдохъабазде гьабулеб хитIаб. Гьелда хъван букIана: «Рагъда чIваралги, гьениса тIадруссун хадур хваралги, тылалда хIалтIулаго, бергьенлъи...

Новость на родном

Директорасда барабги букIуна

ЛъикIаб букIинаан лъималазул ахаздаги факультатив хIисабалданиги рахьдал мацI малъулебани   Араб анкьалъ «ХIакъикъат» газеталде рачIун рукIана ДИРОялда лъай камил гьабиялъул курсазда цIалулел рукIарал магIарул мацIалъул учительзаби. Гьезие бокьун букIана жидерго школазда рахьдал мацI малъиялъул бугеб хIалалъулги гьелде школазул администрациязул бугеб бербалагьиялъулги хIакъалъулъ бицине. Хасаб баркала кьолеб букIана гьез ДИРОялъул педагогазеги пайдаял курсал гIуцIаралъухъ. Гьезулгун гара-чIвари...