Малъараб гурони лъазе гьечIо

Малъараб гурони лъазе гьечIо

 

Бице дурго кIудадал — рагъул гIахьалчиясул хIакъалъулъ

2016 соналъул 16 сентябралда къватIибе биччараб (№37) «ХIакъикъаталъул» 15 гьумералда букIана «Щивго кIочене теларо, щибго кIочене биччаларо» абулеб цIаралда гъоркь бахъараб дир макъала. Гьеб букIана газеталъул редакциялъ школазул цIалдохъабазде гьабулеб хитIаб. Гьелда хъван букIана: «Рагъда чIваралги, гьениса тIадруссун хадур хваралги, тылалда хIалтIулаго, бергьенлъи гIагар гьабуралги чагIи нилъее ккола рагъул бахIарзал. Жакъа гьел цереса индал, цIигьабизе ккола «Щивго кIочон гьечIо, щибго кIочон гьечIо» абураб ахIи. КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIи -нужерго кIудадабазул хIакъалъулъ бицине нужеде-гьезул ирсилазде ирга щвана. ЛъикIаб тадбир ккола «Хвел гьечIеб полк» абун, рагъда хварал бахIарзазул сураталги росун, шагьаразда, районазда ва росабалъ тIоритIулел тадбирал. Амма гьеб ккола лъагIалида жаниб цо нухалда — Бергьенлъиялъул къоялда тIобитIулеб тадбир. Хадуб щибха гьабизе бугеб, кинха нилъеца ракIалдещвезаризе ругел гьезул цIарал, кин загьир гьабизе бугеб гьездехун бугеб адаб-хIурмат?! Гьеб жавабияб хIалтIулъ жигараб гIахьаллъи гьабизе ккола рагъул гIахьалчагIазул наслабаз».

Гьеб тадбиралъул аслияб магIна букIана «ХIакъикъаталъул» гьурмаздаса цIалдохъаби жидерго кIудадабазул хIакъалъулъ бицине ахIи. Лъазабун букIана гIисинал мухбирзабазда гьоркьоб къецги. КигIан бокьичIониги, абизе кколеб буго, ватIан бокьиялде лъимал куцалеб гьеб тадбиралде кIвар кьечIо я районазул лъайкьеялъул управлениязул начальниказ, я школазул директорзабаз, я школлъималазе тарбиякьеялъул иш тIубалел гьезул заместителаз. Гьединлъидал цIалдохъабаз нижехъе битIунго бачIинего бачIана анцIго макъала. Гьезие къимат кьуна редакциялда гIуцIараб хасаб жюриялъги. ПалхIасил, гьаб нухалда хIукму гьабуна киналго макъалабазул авторазе мустахIикъал бакIалги сайгъаталги кьезе ва гьезул цIаралги газеталдасан рехсезе. ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана Хунзахъ районалъул ТIануси росулъа ГIумарова ПатIимат ва Шамил районалъул Гьандихъ росулъа Ибрагьимов МухIамад, кIиабилеб бакIалъе — МахIачхъала шагьаралъул «Возрождение» школалдаса МухIамадова Хадижат, Хасавюрт районалъул Сагьада росулъа
Якъупов Исрапил, Хунзахъ районалъул ТIануси росулъа НурмухIамадов СайгидмухIамад, Болъихъ районалъул Кьохъ росулъа Шамсудинова Машидат ва Лаваша районалъул Чуни росулъа Дибиров Рамазан, лъабабилеб бакI щвана Хасавюрт районалъул Къарланюрт росулъа ГIумаров Шамилие, Лаваша районалъул Чуни росулъа Мусаева Машидатие ва Хасавюрт районалъул Советское росулъа МухIамадгIалиева ПатIиматие. Гьезул цо-цоязе, редакциялде ахIун, ХIурматалъул грамотаби кьуна. Гьенире рачIине щвечIел бокьараб мехалъ гьезда хадур редакциялде рачIинеги бегьула.

Хириял цIалдохъаби, тIаде щолеб буго 9 май — Бергьенлъиялъул къоялъул байрам. Заман щун буго «ХIакъикъаталъул» гьурмаздасан рагъда гIахьаллъарал ва захIматалъул фронталда хIалтIарал нужерго кIудадабазул ва кIудиял улбузул хIакъалъулъ бицине. Гьеб мурадалда «ХIакъикъаталъул» щибаб номералда цIалдохъабаз жидерго умумузул, рагъул бахIарзазул хIакъалъулъ, бицине рес буго. Гьеб ккола цIакъ жавабияб хIалтIи. Гьединлъидал макъала хъваялъе кумекалъе хIалтIизаре гьал малъа-хъваял:

  1. МухIкан гьабе макъалаялъул бахIарчиясул цIар, фамилия, гьавураб росу, район;
  2. Данде гьаре рагъда гьесул рахъанал суратал;
  3. Ралагье гьесул шапакъатал ва гьезда цадахъ кьурал удостоверениял;
  4. Нахъе цIунун ратани, къиматал документаллъун рукIина гьес рокъореги рокъосаги гьесухъеги хъварал кагътал;
  5. Библиотекаялда яги рокъоб цIунун букIине бегьула гьесул хIакъалъулъ газет-журналазда бахъараб макъала, гьелдасаги пайда босе;
  6. Гьесул хIакъалъулъ цIех-рех гьабе нужерго гIагарлъиялъул чагIазда ва росдал харабазда, лъазабе гьев щиб гIамал-хасияталъул, гьунар-махщалил, магIишат-гIумруялъул чи вукIаравали;
  7. Нужерго эбел-инсуда цIехон, лъазабе гьесул рагъулаб нухлул, рихьизарурал бахIарчиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ баянал;
  8. Рагъдаса вуссун хадуб щиб хIалтIи гьес гьабураб, жамагIаталъе ва гIадамазе щиб пайдаяб иш гьабун бажарараб;
  9. Макъалаялда къокъабго баян кье гьесул хъизан-кулпаталъул хIакъалъулъги;
  10. Материал данде гьабиялъул ва макъала хъваялъул иш дандбай рахьдал мацIалъул учителасдагун тарбиякьеялъул хIалтIи гIуцIулев директорасул заместителасда ва нужерго класс бачунесда;
  11. Макъала битIе гьаб электроннияб адресалде: nuri.nuriew@yandex.ru, «ХIакъикъаталъул» электроннияб адресалде битIулеб бугони, «Нури Нуриевасухъе» абун тIадги хъван, ялъуни почалдасан. Гьелда мухIканго бихьизабе авторасул цIарги, фамилияги, цIалулеб классги, адресги, телефоналъул номерги.

Суалал ругони, ахIе гьаб номералде: 8-988-465-90-34.

Нури Нуриев