Цо данделъиялда кIалъалаго РФялъул лъайкьеялъул министр Ольга Васильевалъ абун букIана херлъаниги хIалтIудаса нахъеги инчIого, учительзаби-пенсионераз ккун ругила хIалтIул бакIал. Гьединлъидал гIолохъанал учительзабазе рес щолеб гьечIила гьанжезаманалъул тIалабазде рекъонкколеб лъай цIалдохъабазе кьезе. Министралъул рагIабазда рекъон, ругьунаб бакIалдаги кIусун, пенсиягун моцIрол харжги чвантиниб лъун, чIегIераб икраги кванан рагIула ригь арал учительзаби. Ва педагогияб вузги...

