Коронавирусалде данде къеркьеялъул мурадалда гIуцIараб оперативияб штабалъ тIобитIана иргадулаб данделъи. Гьениб ДРялъул бетIер Сергей Меликовас рехсана вакцина гьабиялъул рахъалъ нахъе ккарал шагьаразулгун районазул цIарал. Гьединазда гъорлъе ккана МахIачхъала, Дербент, Избербаш шагьарал ва Гъуниб район. Рехсарал муниципалитетазда щай гьединаб ахIвал-хIал бугебали бакIазде щун балагьизе, цIех-рех гьабизе республикаялъул нухмалъулес Печаталъулгун информациялъул министерствоялда тIадкъана хасаб...
