Россиялда «Земский тохтур» программа хIалтIизе байбихьана 2012 соналдаса нахъе. Росабалъе хIалтIизе арал тохтурзабазе миллион гъурущ, фельдшеразе -500 азарго гъурущ кьола хIукуматалъ. Рорхатал мугIрузул росабалъе аразе, бакIалъухъ балагьун 1,5 миллион ва фельдшеразе 750 азарго гъурущги буго бихьизабун. Аза-азар медицинаялъул хIалтIухъан ана гьедин рикIкIадал районаздегун, росабалъе хIалтIизе. Жакъа къоялде «Земский тохтур» программаялда рекъон нилъер республикаялда 66 специалист...
