27 ноябралда Махъачхъалаялда, Поэзиялъул театралда данделъун рукIана Кавказалъ асир гьарурал Москваялдаса гьалбадерида дандчIвай гьабизе. Тадбиралда гIахьаллъизе ва жидерго Кавказалдеги, Дагъистаналдеги, дагъистанияздеги бугеб адабалъулги рокьулги хIакъалъулъ бицине рачIун рукIана «Дир Планета» телеканалалъул вакилзаби. Гьезда гьоркьов вукIана «Кавказалъул асир» абураб проекталда рекъон, «Дагъистан. Гъамсукь» документалияб фильмалъул автор Андрей Понкратовги. Жакъа къоялде гьез бахъун...

