МагIарул щибаб росулъги ратула халкъиял кучIдул ахIизе гьунар бугел гIадамал. Гьезул щивасул буго цохIо жидеего хасаб къагIидаги. Гьединазул кучIдузухъ урхъун рукIуна нилъ. Жакъа дица бицина Хунзахъ районалъул ТIанусиса АхIсарат ХIайбулаевалъул хIакъалъулъ. МагIарул кечI бокьулезда гьеб цIар чанго соналъ цебе рагIана. Гьелъ халкъияб кечI ахIулелъул, унго-унголъунги беразда цебе кьурдулеб букIуна магIаруллъиялъул сипат.Гьаюна АхIсарат кечI-бакъаналъе гьунар...
