МагIарул кучIдузул чвахи Хадижат Жамалудиновалъул хIасратал сариназухъ гIенеккулелъул… — ГIела хабар бицараб. Гьанже цо дихъги гIенекке. ГьабсагIаталда нужехъе гьоболлъухъ ячIине йиго кочIохъан Манарша Дибирова. ХIадурлъе концерталъухъ гIенеккизе. Белталги учузаб багьаялде ричизе руго дица.Гьедин байбихьулаан гьитIинай Хадижатица гьоболлъухъ рачIаразеги, гIага-божаразеги, хъизамалъеги кучIдул ахIизе. Кодоб тIилил гьабураб «микрофонги» ккун, жий Манарша йигиланги абун, ахIулаан гьелъ кучIдул. Зама-заманалдаса...

