МагIарул музыкалияб азбукаялда жиндирго лъалкI бугев Гьес гьениб бакараб цIадухъ рещтIарал кьолола гIолиллъиялъул гIанчIлъиялъги, анищаллъун хутIарал хьулазги, къисматалъухъе нух къосараб рокьуцаги, рокьуца хасаб берцинлъиялъул гугьар жидее сайгъат гьабураб гIумруялъул сверабазги. Гьебго горсверулъ нилъ дандчIвала бакъназул хIеренлъи-недегьлъигунги. Ансадерил кьурабиги гIанлъулаго, гьелъул тIадегIанал мугIрузда тIавапги гьабулаго, гьел журан уна АваргIурул карачелабалъе. Цин гьулчун, цинги сихIкъотIун...

