Щибаб къоялъ, радал яхъанщинахъе, яккулаан Фатима шифоньералъуе – гьениб бан букIана КIалбиччанкъоялъ ретIине бугеб хъахIаб гурде, аскIобго — тиризе унелъул, босизе бугеб хъахIаб кье- ралъул, бантиказ угьараб, накъищаз къачIараб сумкаги. Зама-заманалдасан тIад кверги бахъулаан гьелъ гурдеялда. КIалал кквезеги цIакъайха йикIарай щуго сон барай Фатима. Цо къоялъ гьелъ дахIабабада гьикъана КIалбиччанкъо щвезе чан къо хутIун бугебилан....
