Тохтур Сахрудин Сапаровасе Сахрудин, бице, вац, гьечIищ даругоДагъистан унтараб квешаб унтуе?Кидаха, Сапаров, сахлъизе бугеб Балагьаз бизараб узденазул ракь?Кьолеб буго халкъалъ къойил гьеб суалУлкадул бутIрузе ва тIадчагIазе.ГIинкълъунги беццлъунги гьел ратичIони,Щай гьез гIадлу-низам хвезабулезда.Закон чIаго букIин лъазабулареб,Гьезда тамихIалъул цIал кьабулареб?Бихьулищ доб мина, хъала гIадинаб,Хъурмица бикъараб гIарац кьун бараб?Щай тIадал чагIаца гьикъулеб гьечIеб,Гьеб киса бикъараб, лъил бикъарабан?РагIулищ...

