Нижехъе гьоболлъухъе щун вукIана Лъондода росулъа меценат АхIмад ГъазимухIамадов, жиндирго вацасул вас МухIамадгун — Абу-Даби шагьаралда бугеб ГIарабазул Цолъарал Эмиратазул пачалихъияб банкалъул шаргIияб аудиталъул департаменталъул бетIергун. У, нужеда мекъи бичIчIичIо: МухIамад Шагьрурамазанович ккола дунялалдаго цIар араб банкалъул хIаким. БитIараб бицани, тIоцебесеб нухалъ рагIулеб букIана «шаргIияб аудитги», «исламияб банкинги» ва гьелда хурхарал цогидал рагIабиги. Таманаб...


