Ахирисел сайгъатал

Проект «Солдатасул эбел»

 

«ХIакъикъат» газеталъул «Солдатасул эбел» абураб проекталда рекъон, гьаб нухалда сапар бухьана СВОялъул тIоцевесев БахIарчи, тумав ХIажимухIамад НурмухIамадовасул эбел Сапижат Мазаевалъухъе.                                            

 

ЧIужугIадан-эбел

ЧIужугIадан. Эбел. Гьеб кIиябго рагIиялъулъ бугебщинаб къуват. ЧIужугIадан-эбел. Гьей  ккола, ракьалда гIумру тIегьан чIезе, гьелда гъоркь чIвараб хIубилъунги, инсанасулъ гIамал-хасият лъадарулеб къебелъухъ къебедлъунги, лъимер беэдулеб гъасда бакараб гучго гьелегьараб цIалъунги, гьелъул къисматалда кунчIараб жавгьарлъунги. Эбелалъул рекIел гъварилъуда гурищ бахчун букIунеб лъимералде бугеб рокьиги гьелдаса чIухIиялъул гIаламатги. Букъараб зар гIанасеб эбелалъул рекIел гъварилъудасан гурищ бецIцIун бачIунеб лъимадухъ тIолеб бухIараб магIу. Гьеб магIуялъ даим лъалъалеб букIунеб батила лъимадул талихI. Ва гьенисан баккун бачIуна гIажаибаб тIегь — эбелалъул рекIел тIегь. Щибаб лъимер рикIкIун. Эбелалъул магIуялъ кьола гьезиеги гIумру, гьелъ гьел недегьго реэдула. ЧIужугIадан-эбелалъул бадиса бурун бачIунеб рохалил магIуялда цадахъго къватIибе гьурщун бачIунеб гьел тIугьдузул берцинлъиялъ къалъ-къалъизабун букIуна эбелалъул гIумру. Гьеб ккола лъималаз эбелалъул талихIалда чIвалеб мугьрулъун.

Амма гIумруялъулги рукIунел руго жиндирго законал. Ва эбелалъул магIуялъ хисула жиндирго кьерал. Цойидасан гьеб гьалаглъула, угьдула, лъарал-гIоразул карачелабазул хехлъиялда бачIунеб гьеб лъалхъула рекIел гъварилъуда  берккелеб хIалалда тIегьан бугеб тIегьалда аскIоб. Ва цинги байбихьула эбелалъул къисматалъул пашманаб къиса.

Гьеб пашманлъи бахчизе ва балъголъаби цIунулеб гъансил тIиналде  гьеб къиса битIизеги къуват гIола гьей хIикматай хIурулгIиналъул – чIужугIадан-эбелалъул.

Буго гьединаб къиса  МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей гIадатияй учитель Сапижат Мазаевалъулги.  Гьелъги толеб буго жиндирго къиса Дагъистаналъул бахIарчияб тарихалъул тIехьалда. Васасе жинцаго кьураб кьварараб тарбиялъ хъвараб ва бухIараб магIуялъ лъалъараб. Гьеб къисаялда цIарги буго…

 

Эбелалъул рекIел кIиго тIегь

ТалихIалде данде  унейго уней йикIана Сапижат.  ХIикматаб берцинлъиялъул гIолилай йикIана гьей.  РукIана гьелъулги анищал, цохIо талихIалда гурони рицунарел. ТалихIалъги къотIи гьабун  букIана гIолилалъе гьелъул анищал лъиего гьурщунгутIизе.

Ва гьале рещтIана Сапижатил гъасда талихI — гьелъул рекIелъ тIирщана хIикматаб тIегь. Рохалил магIуялъ гьебги лъалъалаго, гIолохъанай эбелалъ гьелде ахIана НурмухIамадилан абун.  Цо дагьалъги лъалхъун, къисматалъ гьелъие сайгъат гьабуна цоги тIегь. Ва гьелдеги Сапижатица ахIана ГIабдуллагьилан абун.

Ва байбихьана  Сапижатил къисматалъул къиса. Гьелъ гьеб сайгъат гьабулеб букIана жиндирго  рекIел тIугьдуллъун ругел НурмухIамадие ва ГIабдуллагьие.   ДандчIвалел ругелщинал захIмалъаби кIоченарулаан Сапижатида меседил гарал гIадал васаз. Кинабго гьезие гIоло – гIумруги, пикрабиги, анищалги, хьулалги. ГIицIго гьезие гIоло. Эбелалъул хIеренлъи-недегьлъиялдаго цадахъ гьелъ хIалтIизабизе кколеб букIана инсул «квартIа-гъецIги» — жиндирго тарбиялде тIаде гьелъ жубазе ккана инсулаб согIлъиги къвакIиги.

— У. Гьедин гьабуна дица. Гурони, дир тарбиялда кинабгIаги  бегI букIине букIинчIо. Дир васаздаса, цохIо дун гурониги, чIухIизе кколаан. Гьеле гьединаб букIана дир тарбилъул мурадги. Росу-ракьги, гIагарлъиги, гьудул-гьалмагъзабиги, гьай-гьай, ВатIанги — гьел киназулго адабалъе мустахIикъал васал гIезаризе ва куцазе ккани, цохIо чIужугIаданалъул хIеренлъи гIезе букIинчIо», — ян абуна Сапижатица, гIанабиги лъалъалаго, бачIунеб бухIараб магIуги гIодобе  тIинкIизе биччалаго.

ЗахIмат букIана  гьелъие васасул хIакъалъулъ араб заманалда бицине. ЗахIмат букIана диеги гьелъухъ гIенеккизе…

Кули районаллъул Къяни росулъа МахIачхъала шагьаралде гочана Сапижат. КIиго вас гIумруялде вахъинавизе ккани, кинаб къуватги сабругиха гьелъие къваригIине букIараб.

Амма ТIадегIанасул кумекалдалъун гьелъ тIубазабуна чIужугIаданалъулги эбелалъулги борч. ТIегьан рачIунел рукIана гьелъул рекIел тIугьдул.

Кинабго хасаб, цо чIезабураб низамалда, тартибалда букIана Сапижатил хъизамалда. Васаздаги лъалаан жидее гIоло чанго бакIалда хIалтIулей йигей эбелалъул ракIбакъвазабизе бегьулареблъи. Эбел хIалтIудаса ячIиналде, рокъор гьез тIуразе кколел тIадкъаялги рукIунаан.

Васазда хIаллъазе течIониги, эбел йохун йикIунаан  гьездаса – гьелъул тарбиялъ лъикIал хIасилал кьолел рукIана.

ЛъугIана НурмухIамадил школа. Ва гьев цIализе лъугьана Рязаналде, армиялъул генерал В. Ф. Маргеловасул цIаралда бугеб воздушно-десантное командное училищеялде.

НурмухIамадица рагъулаб гьа балелъулги, вачун ГIабдуллагьгун, Сапижатги ана, гьесухъ гIенеккизе. Гьасие диплом кьолелъулги, гьей васасухъе ана. Гьелъие бокьун букIана гьеб кинабго хадусев вас  ГIабдуллагьидаги бихьизе.

ЛъугIана НурмухIамадица училище. Ккана гьев Сириялдеги. Гьеб букIана рагъулаб хIалбихьиялде гьес тIамураб тIоцебесеб гали. Ва цинги Украина… ВатIаналъул ахIиялъе жаваб гьаруразда гьоркьов вукIана НурмухIамадги…

                   

 ГIумруялъулгун  къо лъикI гьабулел лахIзатал

МахIачхъала шагьаралъул №№26, 58 школазда хIалтIулаго, учитель Сапижат ГIисаевнаялъ жиндирго цIалдохъабазда кидаго малъана ватIан бокьи, гьелъие гIоло рухI кьезе хIадур рукIин щивав чиясулъ бессун букIине кколилан. Гьедин малъана гьелъ жиндирго васаздаги.

Щиб лъалеб, гIумруялъулгун къо-мех гьабулел дол лахIзатазги, НурмухIамадида  цебе рачIун ратила жиндир къисматалъул къираллъун йикIарай ва хутIизе йигей эбелалъул сипатги ва гьелъул гIумруялъул дарсалги.

Жиндирго гIумру ахиралде щолеб бугеб бичIчIараб гIадин,  гьев гIемер кIалъалалан эбелалъухъе, жиндие мун йокьулиланги абун.

— Лъала, эбелалъул дарман, лъала дида, — ян  данде гьимулаан эбелги. Амма цонигиязда, я эбелалда яа васасда лъалеб букIинчо, тIокIалъ жал цоцахъе щвезе гьечIеблъи.

2022 соналъул 20 февралалда НурмухIамадие гьаюна яс. ГIолохъанав инсул бадиб цо кинабалиго пашманлъиги бихьулеб букIана эбелалда.

Ва Сапижатида ракIалде щвана васас жиндиего гьарулел рукIарал махсарабиги:

— Эбел, нижеца дуе сайгъат гьарила гIемерал васалг ясалги. Мун йикIине йиго бищунго талихIай кIодоэбеллъунги. Гьел киналгоги хьихьун, хIалтIудаса нахъеги йилълъун, мун чIезе йиго рокъой. Нижеца тIадбуссинабила дуе, ниж гьитIинаб мехалда щвечIеб хIалхьи. Амма нижер ясал дуца дагьалъ недегьго хьихьизе кколаха, гьел тIубанго согIалъун, хъачаллъун гIунгутIизе, — ян абулаан  НурмухIамадица эбелалда.

Цинги гьей данде елъулаан:

— Вабабай, бихьулищ дие аз кьезехъин бугеб хIалхьи, гьаруралщинал лъималги хьихьизе тIамун -, абун.

Амма эбелалъе цохIо жавгьарги сайгъат гьаюн, абадияб рокъове ана  НурмухIамад ХIажимухIамадов.

2022 соналъул 23 февраль. ВатIан цIунулезул къо. Гьеб сордоялъ гIолохъанай лъадухъе видеобухьеналдасан кIалъана гьев. Ва Мадинаде ясалъул аманатги гьабуна, нагагь жив гьечIого хутIанигийилан абун…

Пикрабалъ къо-мех лъикI гьабулеб  эбелалъулгунги. Жиндир ясалъе бищунго лъикIай дахIабабалъун  йикIайиланги гьарун, телефон гIодоб лъуна. 24 февраль… Рагъулаб хъулухъалда васал ругел улбузул пикраби хIалуцараб лахIзат…

25 февраль. Дарсал кьолей йикIарай Сапижатихъе бачIараб чIегIераб хабар. Кин щвараялигицин лъачIого, рокъое щун ятана гьей. Киназухъего цебесан кIалъазе лугьана. Гьелъие къваригIун букIана цонигиясгIаги гьб хабар гьереси бугилан абизе. Амма данде жваб гьабизе гьел кватIидал, гьелда кинабго бичIчIана…

Гьеб къоялъ васас эбелалъе сайгъат гьабуна цоги тIадегIанаб цIар – Россиялъул бахIарчиясул эбел.

Щуго къоялда жаниб кIиго сайгъат эбелалъеги гьабун, ана НурмухIамад бахIарчилъиялъул дунялалде.

КIудияв вацасул ахир мисаллъун хутIана ГIабдуллагьиеги. Гьевги цIалана Рязаналда Россиялъул ФСИНалъул( академия права и управления Федеральной службы исполнения наказаний) академиялда.

                                   

 БухIиги магIуги цохIо букIана

— Вас вукъизе росулъе арай дие рахIат толеб букIинчIо кIалъан рачIунез. Дол къояз тIолабго Россия дунгун букIана. МахIачхъалаялъул автостанциялде, аэродромалде, вокзалалде рачIараз бокьарав дагъистаниясда гьарулеб букIун буго БахIарчиясул эбелалъухъе нух бахъизе кумек гьабейилан. Гьедин ялагьулаан дун Россиялъул батIи-батIиял миллатазул гIадамаз дун, — илан  бицана Сапижатица.

НурмухIамадил гьанжего гьанже гьаюрай  яс  Теймияеги Россиялъул батIи-батIиял шагьараздаса рачIунел рукIана посылкаби. Гьезда тIадги хъван букIуна БахIарчияв инсул жавгьар Теймияе абун. Адрес тIад хъвачIел посылкабаздаги ралагьулаан ниж. Гьенир ратулаан жидецаго хьухьарал лъималазул партал, гьелъухъе хъварал кагъталги ва цогидалги сайгъатал, — илан тIадеги жубана эбелалъ.  

Долдаса нахъе ана кIиго сонги хадубги. Жеги-жеги кIалъан рачIуна  Сапижатихъе Россиялъул регионаздаса гIадамал. Гьезул гIемериселги – гьезда лъаларел.

 Москваялдасаги  рачIана Дагъистаналде, НурмухIамадил хабаде щвезе. Жеги рачIунелги руго. Гьезги гьарулеб буго жал БахIарчиясул эбел йихьизе рачейилан ва ялагьулей йиго дун, — илан ракIкъварилъана Сапижатил. 

НурмухIамадил хIакъалъулъ доб мехалда хъвана Дагъистаналъулги  Россиялъулги журналал-газетазда. Киназго абулеб букIана нилъер НурмухIамадилан, нилъер БахIарчийилан абун.

ГьабсагIаталда Сапижат Мазаева ккола МахIачхъалаялъул №54 школалъул директор. Гьелъул гIумруялъул дарсазухъ гIенеккун вуго нус-нус цIалдохъан…

Гьаб къисаялъе лъугIел букIинаро. Гьаб гьанжего гьанже байбихьана – БахIарчиясул бахIарчияй эбелалъул къиса…

 

Миллатал гIемераб дир Россиялда

Дир гIагараб улкаялъул халкъазул цолъиги гьудуллъиги. Гьелъулъ гурищ нилъер къуват бугеб. Гьелъие иргадулаб мисаллъунги ккола киназего гIахьалаб букIараб БахIарчисул эбелалъул магIуги къварилъиги.  НурмухIамад жидеравлъунго рикIкIана Россиялъул киналго халкъаз. Ва цо лахIзаталъ  миллатазул гъунки дагьабги щулалъана. Гьеб дагьабги лъадарана рагъул  киназего гIаммаб къварилъиялъул корониб. Гьединаб букIана, буго ва букIине буго нилъер кIудияб улкаялъул кIудияб гьудуллъи. Гьеб гьудуллъиялъ къуват кьуна БахIарчиясул эбелалъеги. Гьелда бичIчIана жиндир васас берал гIадада къанщичIеблъи. ВатIаналъул гъасда гIадатал гIадамаз бакараб цIаги цIадухъе ракIарарал гьезул ракIазул хинлъиги лъиданиги къинабизе кIвезе гьечIо. 

 

Шамай Хъазанбиева