Новость на родном

Мисаллъун букIина халкъалъе дур цIар

      22 маялда Шамил районалъул ХIебда росулъ тIоритIана ДРялъул Верховный судалъул членлъун гIемерал соназ хIалтIарав Багъужа ГIонжолов ракIалде щвеялъул хIурматалда спортивиял къецал. БетIерав судья АхIмад ЧIегIеровасул рагIабазда рекъон, тадбир ана гIуцIадго ва гIахьаллъаразул гIемерисез рихьизаруна лъикIал хIасилал. Сабаб-багьанаги ккун бугелъул, бокьун буго, гьев лъикIав инсанги ракIалде щвезавун, цоги нухалда гьесул хIакъалъулъ дагьабго калам...

Новость на родном

Райкомалъул секретаразда гьоркьов бищун гIолохъанав вукIана Муса Расулов

        Гьал къоязда 90 сон тIубала Гумбет районалъе гIемерал соназ нухмалъи гьабурав Муса Расуловас. Гьоболлъухъе щведал, Муса ватана телевизоралъухъ балагьун. Гьобол ячIиналдаса бугеб гьесул рохел бихьидал ракIалде ккана, гьаб хирияб моцIалъ рокъоса вахъунарев чи вохизавуралъухъ диеги кири букIинин абун. Амма дагьайго рекIекълъана гьесул гьаракь рагIидал: хIалихъего кIалъалев вугоан. Гьесул хъизан Маккаца абуна,...

Новость на родном

Генерал

         Генерал-лейтенант МухIамад ГIабдуразакъов. Гьев щивалиги, кив хIалтIаравалиги, гьес Дагъистаналда цебе гьабураб намус бацIцIадаб хъулухъалъулги хIакъалъулъ лъаларев чи къанагIатги ватиларо. Гьединлъидал гьаниб тIадчIей гьабиларо гьев хIалтIарал бакIаздаги, гьес нахъа тараб, гIун бачIунеб гIелалъе унго-унгояб мисаллъун кколеб гIумруялдаги, бахIарчияб къеркьеялдаги. Бокьун буго Шамил районалъул ТIелекьа МухIамад ГьитIиновичасул хIакъалъулъ, комсомолазул цевехъан, ДАССРалъул Спорткомитеталъул председатель,...

Новость на родном

От механика до министра СССР

    ДОСЬЕ: Дагестанец — Бутома Борис Евстафьевич (1907-1976)   Председатель Государственного комитета Совета Министров СССР по судостроению ‒ Министр СССР, Герой социалистического Труда, лауреат Ленинской и Сталинской премий, ответственный за строительство первой в СССР атомной подводной лодки проекта 627 и первой в мире ракетной подводной лодки проекта B611      В истории отечественного судостроения...

Новость на родном

  Саби-кIодол гъасда

            Абула, гьаб дуниял гIисинал лъималазги цIикIкIарал чагIазги ккун букIунилан. Унго, цо харабазда букIунеб баракат, гьезул гъасда букIунеб хинлъи! Бокьула дие зама-заманалдасан гьезул гIакъилаб каламалъухъги, жидецаго нахъа тарал соназул хIалбихьиялдасан гIуцIарал гIумрудул дарсазухъги гIенеккизе, гьезухъе гьоболлъухъ ине. НекIогоялдаса нахъе бокьун букIана Хунзахъ росулъа Саби-кIодолгун гара-чIвари гьабизе. Гьелъул рокъове лъугьиндал, цо...

Новость на родном

Гуниялдаса ИсхIакъил нух

  Бокьараб росулъ рукIунел ратила, щиб кканиги аскIоре унел, киназго адаб гьабулел гIадамал. Гьединаллъун Казбек районалъул Гуни росулъ ккола НагIатовалги. Гьеб росулъ буго киданиги къунареб ва кидаго росуцоязул хIажалъи тIубалеб «НагIатил иццги». Гьединабго къин гьечIеб бугин абула гьезул тухумалъул росдае ва росуцоязе кумек гьабизе бугеб гъираги. Гьезул вакил, гIемерал соназ росдал колхозалда шоферлъунги хIалтIун, гьабсагIаталда...

Новость на родном

Росдае васги улкаялъе чиги

   ЛъикIго лъалев чиясул хIакъалъулъ бицинеги хъвазеги бигьагоги букIуна, гьебго заманалда захIматги букIуна. Гьединаб асаралъул асирлъуде ккана дун Сайгидпаша ГIумахановасулгун гара-чIвари гьабидал. Дагьабищха гьесул хIакъалъулъ Дагъистаналъул ва Россиялъул СМИяз хъвараб. Дирго къалмикьанги гьесул гIумруялъул ва политикияб хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ бицарал макъалаби дагьал инчIо.    Сайгидпашалги лъимерлъи лъилалдаго релълъинчIеб, гIицIго жиндиего хасиятаб букIана. КIудияб хъизан букIиналъ, балугълъиялде...

Новость на родном

Цевехъан

БАЯН:   2 апрелалда 140 сон тIубала МахIач ДахIадаев гьавуралдаса.    Гьес дунялалда бана 36 сон. Вукъун вуго Буйнакскиялда. МахIачил вукIана цохIо вас, ГIадилгерей абун. МахIач ДахIадаев кколаан имам Шамилил вас МухIамадшапигIил дурц. МахIачил хIакъалъулъ ГIабдулатIип ХIажиевас биччараб тIехьалда гьадин хъвалеб буго: «МухIамадгIали (МахIач) ДахIадаев гьавуна 1882 соналъул 2 апрелалда Авар округалъул Унсоколо росулъ ресалда вугев...

Новость на родном

Халкъияв мугIалим

  15 марталда Шамил райадминистрациялъул залалда тIобитIана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиевас 80 сон тIубаялъул юбилеялъул хIурматалда гIуцIараб байрам. Юбилярасда баркиялъул рагIаби абизе ирга щоларого рукIана гIадамал. Киназулго аслияб пикрулъун рикIкIине бегьула Гьандихъ росдал школалъул директор МухIамад Гъазалиевас абурал гьал рагIаби: «Ибрагьимил аслияб хасият ккола гIадамасухъ гIенеккизе лъай, гьесул къваригIел тIубай, ритIухълъи ва гIаданлъи,...

Новость на родном

«Баркала, мугIалим, дур лъикIлъиялъухъ»

    12 марталда абадияб рокъове ана хIаракаталъул цIураб ракIалъул, гIужилаб пикруялъул ва бергьараб пагьмуялъул инсан Гьонодаса МуртазагIалил вас Каримуллагь-хIажи. МагIарулазда рагIичIев, лъаларев чи вукIинчIо гьев. ГIемерал соназ Гъуниб районалъул имамлъунги хIалтIарав, тIарикъаталъул устарзабазул, гIалимзабазул, шайихзабазул, магIарулазул тарих чIаго гьабурал гIадамазул гIумрудул хIакъалъулъ кIвахI гьечIого гIемерал тIахьал хъварав, бергьараб хIаракаталъул инсан вукIана Каримуллагь-хIажи.    ...