Казбек районалъул Дилим росдал культураялъул кIалгIаялда цебе бугеб майдан кьабун цIун бугоан гIадамаз. РакIалде кколеб букIана гьениб концерт батилилан. Гьанже театр-концерт бугелъуре данделъулелъулха гIадамал. Амма гIилла батана батIияб, ай хlалтIухъан кIодо гьавизе данделъун ратана гьел. Исана 27 декабралда 85 сон тIубалаан захIматалъухъа хIинкъичIого гIумру тIамурав, гьединабго тIабигIаталда лъималги куцарав Гертмаялдаса ГIабдулмуслимов МухIудин гьавуралдаса....

