Аваразул театралъе кьучI Хунзахъ лъураблъи лъаларев чи гIемер ватиларо. Гьелдаса нахъе исана сверула 85 сон. Зама-заманалдасан театралъул гIумруялдаса цо-цо лъугьа-бахъинал кьуни лъикIин ккана нижеда. Бащдаб гIасруялдаса цIикIкIун заманалъ Авартеатралъул актерал раччулеб машинаялда хIалтIарав чи вукIана мунагьал чураяв ТIасажунгуталдаса ХIасан-ХIосен МухIамадов. Шоферлъун хIалтIизе гьев вачIун вуго Авартеатр жеги Шурагьибго бугеб мехалъ. ЦерегIанго соназ...
