29 декабралда 75 сон тIубана машгьурав гIалимчи-археолог, тарихиял гIелмабазул доктор, профессор, РАНалъул академик Хизри ГIамирханов гьавуралдаса. Гьев ккола Болъихъ районалъул ГIанди росулъа. ЦIалана Буйнакскиялъулги Хасавюрталъулги школазда. 1972 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университет, хадуб СССРалъул ГIелмабазул академиялъул Ленинградалда бугеб отделениялда аспирантура. Хизри ГIамирхановасул захIматалъулаб нух байбихьана Болъихъ районалъул Муни росдал школалда тарихалъул учительлъун ва цадахъго завучлъун...
