Июль моцIалда бищунго лъикIав гугарухъанлъун рикIкIана МухIамад КъурбангIалиев Июлалъул байбихьуда Сочиялда букIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталда лъикIал хIасилал рихьизаруна Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъ. АнцIго цIайиялъул категориялда гьоркьоса анлъгоялда тIоцебесеб бакI босана гьениб нилъер спортсменаз — Рамиз ХIамзатовас (57 кг), МухIамадрасул Идрисовас (61 кг), ХIажимурад Рашидовас (65 кг), МухIамад КъурбангIалиевас (74 кг), ХIажи Набиевас (79...

