Рейтингалда тIоцевесев

Июль моцIалда бищунго лъикIав гугарухъанлъун рикIкIана МухIамад КъурбангIалиев

 

Июлалъул байбихьуда Сочиялда букIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталда лъикIал хIасилал рихьизаруна Дагъистаналъул тIа­са­бищараб командаялъ. АнцIго цIайиялъул категориялда гьоркьоса анлъгоялда тIоцебесеб бакI босана гьениб нилъер спортсменаз — Рамиз ХIамзатовас (57 кг), МухIамадрасул Идрисовас (61 кг), ХIажимурад Рашидовас (65 кг), МухIамад КъурбангIалиевас (74 кг), ХIажи Набиевас (79 кг) ва ГIалихан ЖабрагIиловас (92 кг).
Гьезул щивас Сочиялда бихьизабуна берцинаб ва къуватаб гугари. Амма социалиял гьиназда гьабураб цIех-рехалъул хIасилазда ва wrestdag.ru сайталъу­л экспертазул пикруялда ре­къон, июль моцIалъул бищунго лъикIав гугарухъанлъун ккана МухIамад КъурбангIалиев. Шамил Ра­шидовасул нухмалъиялда гъоркь ругьун гьаву­лев МухIамад Россиялъул чемпионаталда бер­гьана 74 кг цIайиялда бищунго къуватал гугарухъабаз­даса. Мисалалъе, гьес къе­заруна дунялалъул чем­пио­нал Хетаг Цаболовгун МухIамадрасул Гъа­зимухIамадов, дуня­лалъул первенствоялъул финалист АхIмад ГIусманов ва гIо­лилазда гьоркьов Европаялъул чемпион Никита Сучков.
Гьелдалъун МухIамад КъурбангIалиев ана 74 кг цIайиялда 2019 соналда эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда гIахьаллъизе бегьулел гугарухъабазул сияхIалде. Гьеб цIайи МухIамадие ккола цIияблъун. Гьанже­лъизегIан гьев цевевахъунев вукIана 70 кг цIайиялда.