Ахирал соназда Россиялъул экономика бараб букIана санкцияздаги цо хIалалда чIолареб коронавирус унтиялъул хIасилалда рилълъанхъизарулел къагIидабаздаги. Дагъистанги Россиялъул регион кколелъул, гьеб кинабго хъинтIула нилъедаги. Гьединлъидалин экономикаялда ва гьелда рекъон гьабулеб социалияб политикаялдаги кколел ишалги хIисабалде росун гIуцIун буго гьабулеб хIалтIиги. Гьеб кинабго хIалтIуе гIатIидго нух рагьана, гьелъие ругел ресал чIванкъотIун рихьизаруна 2025 соналде...
