Запись

Мантуровги КЭМЗги

  Дагъистаналъул экономикаялъул аслиял бутIабилъун ккола росдал магIишат ва гьелъул нигIматал къачIалеб промышленность, ралел бакIазул магIишат, туризм ва гьелда хурхараб производство. Росдал магIишаталъ гъоркьиса рихьизаруна гIезегIан лъикIал хIасилал. ГьабсагIаталда ругел баяназда рекъон, исана гьел жеги лъикIал рукIине ккола. Туризмалъги тIамулел руго нилъ разиял галаби. Гъоркьиса республикаялде вачIун вукIана 1,3-1,5 млн турист. Исана рес буго гьеб...

Запись

Каспиялъул рагIалда — цIияб шагьар

     5 сентябралда Владивостокалда байбихьана Бакъбаккул рахъалъул экономикияб форум. Исана анкьабилеб нухалъ тIобитIараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана щуазаргоялдасаги цIикIкIун чи. Гьаруна рикIкIен гIемерал къотIи-къаял, рукIана презентациял. Форумалда аслияб кIалъай гьабуна улкаялъул нухмалъулев Владимир Путиница. 7 сентябралда тIобитIараб форумалъул пленарияб данделъиялда гIемераб жо бицана гьес. БатIи-батIиял пачалихъаздаса гIемерал гьалбал данделъараб гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул нухмалъулев...

Запись

Щибаб рукъалъул кIалтIе чIобого щвезабулеб цIатари

  Газ бачун бахъинабиялъул щиб кколеб бугеб республикаялда?     2025 соналде щвезегIан магIарул киналго росаби газалдалъун хьезаризе хIадур гьабураб хасаб программа буго пачалихъалъул. ГьабсагIаталда газ щун буго Хьаргаби, Хунзахъ, Гумбет, Унсоколо гIадал районазде. Газалъул магистралияб мухъ бачине байбихьизехъин буго Гъуниб, ГIахьвахъ ва цогидал районаздаги. Къокъ гьабун абуни, магIарул щибаб гъасда хъахIилаб цIатари гвангъила кватIичIого....

Запись

«Цогидазде дандеккун,Дагъистаналъул ресал цIикIкIарал руго»

  ГьанжегIагар тIобитIараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул сессиялда  республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас данде босана гъоркьиса хIукуматалъ гьабураб хIалтIи.  (Гьале гьеб кIалъаялдаса цо-цо хIужаби)   Цо-цоязул хадурехъерхъиялъ…        Сергей Меликовасул рагIабазда рекъон, социалиябгун экономикияб рахъалъ республика цебетIеялъул мурадалда 2030 соналде щвезегIан гIуцIараб Стратегиялъулъ хиса-басиял гьаричIого рорчIуларо къойилго хисулеб бугеб гьаб ахIвал-хIалалъулъ.     Гьелдаго цадахъ...

Запись

Тараб лъалкI, лъаралъул нух

  АбизегIан цIикIкIараб туркIи щвечIониги ва гIадатияв чиясда гьелъул асар лъалеб хIалалда хъинтIичIониги, 2021 соналда нилъер экономикаялъул хIасилал гIезегIан мадарал рукIана.   2020 соналда дандеккун ВРП (лъагIалида жаниб республикаялда къватIибе биччараб продукциялъул ва тIурарал хъулухъазул гIаммаб багьа) гъоркьиса цIикIкIана 2,9 проценталъ. Масала, промышленность босани, гьелъул продукциялъул гIаммаб къадар борхана 5,2 проценталъ. Руго бутIаби къватIибе биччалеб...

Запись

Бакараб цIаялъул цIияб гвангъи

      ТIабигIиял сурсатазул гьарзалъиялъул рахъалъ, тIолабго дунялалда- го Россиялъ тIоцебесеб бакI ккола. Амма кинха гьеб кинабго бечелъи хIалтIизабулеб бугеб? Гьеб буго чIванкъотIараб жаваб щвезе захIматаб суал. Мисалалъе, 2021 соналда Россиялда бахъана 760 млрд куб. метр тIабигIияб газалъул. Гьеб рахъалъ нилъ руго кIиабилеб бакIалда. ТIоцебесеб бакIалда буго США (870 млрд куб. метр), лъабабилеб бакIалда...

Запись

Куракул пурчIнал тIагIам кибего машгьурлъана

     КIал гьацIул цIезе бокьани, квер ракьул цIезе кколин аби буго умумузул.     Щибаб соналъ нилъер республикаялъ бакIарула пурчIун бахъулеб пихъил 70 000 тонна. Гьелда гьоркьоб аслияб бутIа ккола ахбазан-куракалъ. Гьеб рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго цебесеб кьерда.    Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана «ХIакъикъаталъе» ДРялъул росдал магIишаталъул министрасул тIоцевесев заместитель Шарип Шариповас:...

Запись

КIвар кьураб гIоларо

     Югалъулаб ва Северияб Кавказалъул округазул субъектазул рохьил магIишаталъул идарабаз 2021 соналда гьабураб хIалтIул хIасилал ва 2022 соналда ругел планал дандрана 20 январалда ДРялда тIобитIараб рохьил магIишаталъул федералияб агентствоялъул иргадулаб данделъиялда.   Данделъиялда гIахьаллъарав ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас мухIканго бицана бугеб ахIвалхIалалъул хIакъалъулъ.    Республикаялъул рохьил фондалда буго 527,9 азарго гектар...

Запись

Каспиялда ччугIа гьарзаго буго, амма гIунгутIаби камулел гьечIо  

     ДРялъул хIукуматалда тIобитIана республикаялда ччугIихъанлъия­ лъул магIишат нахъе ккун букIиналъул хIакъалъулъ бицараб данделъи. Вице-премьерасул ишал тIуралев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас ракIарун рукIана гьенире ччугIа гIезабулездаса байбихьун, гьелда хадуб хъаравуллъи чIезабулел хъулухъазда хIалтIулел гIадамал. ЦIакъ тату хвараб хIал бугин республикаялда гIезабулеб ччугIида сверухъин абуна ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас. Гьесул рагIабазда рекъон, cоветияб заманалда Дагъистаналъул ччугIица хьихьун вукIана гIемерав...

Запись

Гьуинаб, тIагIамаб, аскIосан унеб…

    Гьоркьохъеб хIисабалда лъагIалида жаниб дунялалда тIад кколеб буго 90-100 млн тонна ччугIил. Бищун цIикIкIун гьеб ккола Кита— ялъ – 15,7 млн тонна, Индонезиялъ – 6,7 млн тонна, Индиялъ ва США— ялъ – 5,1 млн тонна. Гьеб мухъилъ Россия буго щуабилеб бакIалда – 5 миллионгIанасеб тонна. СССРалъул заманалда 9-10 млн тонна кколаан ва гьелъул...