Запись

Стратегия. Республика кин цебетIезабилеб?

         8 сентябралда МахIачхъалаялда Россиялъул тарихалъул музе­ялда тIобитIана социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетIезабиялъул бицунеб конференция.    Гьелда гIахьаллъана СКФО цебетIезабизелъун РФялъул Минэконом­развитиялда цере гIуцIарал Департаментазул директорзаби Игорь Хра­новский, Камил Бексултанов, ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов, хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирханов, батIи-батIиял идарабазул нухмалъулел ва экономистал. Конференциялда гьоркьор лъун рукIана 2024 ва 2030 соназде щвезегIан...

Запись

Багьабаз «хIанчIулеб» буго

        7 сентябралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб данделъиялда бицана республикаялда кванил цо-цо нигIматазухъ ва цогидабги къайиялъухъ багьаби хиралъулел рукIиналъул хIакъалъулъ. Гьеб кинабго щай хиралъулеб бугебали баян гьабизе рачIун рукIана ДРялъул промышленносталъулгун бича-хисиялъул рахъалъ министрасул заместитель Рашид Мурзаевги росдал магIишаталъул министрасул заместитель Эмин ШайххIасановги.         Данделъиялда Рашид Мурзаевас бицана кванил ниг1матазда гьоркьоса жидер...

Запись

Багьабазда хадур гъолел гьечIо

      Ахирал моцIазда Дагъистаналда рукъалъе хIажатаб къайиялъул, ххамил, дарабазул, хасго росдал магIишаталъул нигIматазул багьаби битIахъе «зодоре анин» абизе бегьула. Гьелда бан гIадамазул гIарзалги руго кванил нигIматал росизе гIарац гIолеб гьечIин абун. Масала, 67 сон барай АхIмадова ГIайшатица бицана 13 азарго гъурущ гурони моцIрое бачIунарей жий хIинкъулей йигила тукаде, базаралде ине. Каспийскиялдаса учитель Мирзоев ГIарипица...

Запись

Больницабигун ясли-ахал разе кумек

              Араб анкьалъул ахиралда ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирханов щвана Гъуниб районалъул щуго росулъе.        Гъуниб росулъ премьерасда бихьизабуна 1932 соналъго бараб басрияб ясли-ах. Гьелъул бакIалда цIияб мина базе рагIи кьуна гьес.          Гьединго Гъуниб росдал учительзабаз гIарз бахъана райцентралда бугеб школалъулги. ЦIализе рачIунел лъималазул къадар соналдаса соналде...

Запись

Туристал рази гьаре

      25 маялда Сергей Меликовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда бицана туризмалъул хIакъалъулъ.      «Республикаялде гIемерал туристал рачIунел ругелъул, гьелдаса дунги, дунго гIадин нужги, рохун ратила. Амма суал буго гьел къабул гьаризе нилъ хIадур ругищин абураб. Аэропорталдаса байбихьун балагьани, республикаялда гьечIо туристал разиго хутIуледухъ чIезарурал шартIал.    Мисалалъе, гьечIо машинаби лъезе бакIал. ГьечIо гIураб къадаралда...

Запись

Басриялъул бакIалда цIияб

      Бича-хисиялъул ва кванагьекъеялъул бакIал рагьулел рукIиналъул гурони, цо щиб бугониги гьабулеб ва гIуцIулеб производствоялъул пред­приятие рагьиялъул хабар къанагIатги рагIуларо. Гьеле гьединал, ай къанагIатазда гьоркьоб буго Каспийск шагьаралда аскIоб, «Уйташ» инвестмайданалда хIалтIизе биччараб, басрияб, хвараб пленкаги бакIарун, гьелъул гранулал гьарулеб «ДагПолимер» завод. 2020 соналда Дагъистаналъул экономикаялъул бищун кIвар бугеб 10 лъугьабахъи­налда гьоркьоб тIоцебесеб...

Запись

КIагьадерил заводалъул пихъил тIагIамги дуниялги

       Дида ГIарипов МухIамад рагIун гурони, вихьун лъалев чи вукIинчIо. Амма 35 соналъ гьес нухмалъи гьабураб кIагьадерил консервал гьарулеб заводалъул хIакъалъулъ рагIичIев чи республикаялдаго къанагIатги ватиларо. ГIемераб хIалбихьана гьесул бетIерлъиялда къватIибе биччараб нигIматалъулги. МоцIалъ цебе гIадин газеталъул редакциялда ккана гьесулгун лъай-хъвайги.     МухIамад гьавуна Гумбет районалъул Ингишо росулъ. ГIодоса тIадего магIишат гьабизе...

Запись

«Шагьаралда рукъ гьечIони, цониги банкалъ кьолеб гьечIо кредит»

      Гьал къоязда Дагъистаналъул нухмалъулев Сергей Меликовасухъе Хунзахъ районалъул Харахьи участокалдаса гIадамаз кагъат хъвана гьеб росулъ бугеб консервазул заводалъе кумек гьабеян.        Сверухъ бугеб 17 росулъа гIадамалги хIалтIун, санайилго лъабго миллион банка биччалеб букIараб заводалда советияб заманалдаса нахъе жеги цIунун хутIун бугин къайи-цIа, амма букIине кколедухъ хIалтIи гIуцIизе ккани, цIорол цIарагI босизеги заводалъул мина...

Запись

Океаналъул гьулчи ва гьабил сас

Дунялалъул тIолалго пачалихъазда гьарулел нигIматал ратула нилъер тукабаздаги базараздаги. Амма нилъер гьаниса къватIибе щиб ва кибе унеб? Гьеб суалалъул цо бутIа мухIканго лъала Дагъистана-лъул экспортеразул ассоциациялъул нухмалъулев, Шамил района-лъул ГIуриб росулъа ХIамзатов Арслан-ГIалида. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвариги.   — Арслан-ГIали, ассоциациялъул аслияб хIалтIи щиб, щал гьелда гьоркьоре унел?— Дагъистаналда гIезегIан руго тIадегIанаб даражаялъул, лъикIаб...

Запись

Дагъистан – хIалтIи гьечIезул рахъалъ лъабабилеб бакIалда

Исана лъагIалил ахиралде щвезегIан 35000 чи хIалтIудалъун хьезавизе вугин бицана дагьал церегIан къоязда республикаялъул нухмалъиялъ тIобитIараб данделъиялда ДРялъул экономикаялъул ва бакIалъулаб цебетIеялъул министр ХIажи Султановас. Гьесул рагIабазда рекъон, 18000 чиясе хIалтIулаб бакI гьанжего гIуцIун буго. Гьелда гьоркьоре уна къокъаб заманаялъе хIалтIи щваралги. Официалиял баяназда рекъон, Дагъистаналда хIалтIи гьечIезул къадар 9,9 проценталда бащалъула. Гъоркьисаялде дандеккун исана...