8 октябралъул къалъудаса хадуб ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев Сергей Меликов дандчIвана республикаялъул жамгIиял хIаракатчагIигун, Харабазул советалъул вакилзабигун.
Харабазул советалъул нухмалъулев ГIабдула МухIмадовас С. Меликовасе малъа-хъваял гьаруна гIадамал хъулухъаздаса рахъизе гIедегIугейин, гьезул щивасул х1алт1и борцинчIого.
МухIамадовас гьарана ДРялъул бетIерасулгун хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги тейин гьеб хъулухъалда. «Дагъистаналъе цIуне гьев, кивего виччаге», — ян абуна гьес.
Гьев гьоркьов къотIизавуна залалда рукIаразул хъатчIваялъ.
Блогер Булач ЧIанкIалаевас гьарана Гьоор-Хьиндахъа вацал ХIасанхIусенгун Наби ХIасанхIусеновал чIваялъул цIех-рех рагIалде бахъинабизе кумек гьабеян.
Сергей Меликовас абуна гьеб бугин Дагъистаналдаго лъураб ругъун. Гьелда бан щиб бугониги гьабилин абун рагIи кьезе гьечIин жинца, амма кутакалда гIемераб заман анин гьелдаса нахъе ва нилъеца гьеб ругъун сах гьабизеги кколин.
Гьединго ЧIанкIалаевас Сергей Меликовасул кIвар буссинабуна МахIачхъалаялда тIокIалъ чIечIого борхулеб кIиго суалалдеги – къун унеб бугеб Ак-Гель хIорги, зама- заманалдасан цIаги лъун, бухIун лъугIизабулеб бугеб Эльтавалъул рохьги цIунизе ккеялъул.
Данделъиялда борхана цо-цо хIакимзабазул гIайибалдалъун пайда босизе бажаричIого Москваялде чанцIулго нахъбуссинабураб федералияб гIарцул суалги – 9-10 млрд гъурущ кколин гьебиланги абуна.
Сергей Меликовас бицана гьеб кинабго хIисабалде босизе бугин ва ч1ванкъотIараб хIукмуги къотIилин.
Исана сентябралда тIоритIарал рищиязда халкъалда лъазего лъаларел чагIи бергьараблъиги бицана данделъиялда. Меликовасги абуна халкъалда лъалел чагIи рукIине кколин депутаталлъунилан.
РФялъул Конституциялда гьарурал хиса-басиязда тIасан хабар ккедал, гьелги рагIа-ракьанде щун гIадамазда ричIчIизарун рукIинчIин кIалъана С. Меликов.